Аслияб гьумералде

Телефоназул унти

Телефоназул унти

Жиндир хIакъалъулъ гIемер бицунеб унти ккола телефоназда нилъ рараллъун рукIин.

 

Нилъер лъималги цIакъго унтун руго гьеб унтиялъ. Гьединаб унти букIин загьирлъула:

  1. Смартфоналдаса ри-кӀкӀад ругеб мехалда яги гьеб кIочон хутIани ургъалабазулъе ккей.
  2. Телефоналде гIемер халгьаби. Цо-цояз телефон къойида жаниб 300 нухалъцин кодобе босулеб буго.
  3. Смартфон хӀал-тӀизабулеб мехалда тали-хӀалъул асар лъугьин.
  4. Гьединазул гъира букӀуна жалго жидедаго чIезе ва гӀемерисеб мехалда кӀвар кьечӀого тола хъизам. Виртуалиял гьудулзабазулгун никъит гьаби ва социалиял гьиназда хъварал макъалабазухъ халгьаби тIаса бищула чIагояб гара-чIвариялдаса.
  5. Гьел цӀакъ ругьунлъун рукӀуна жидерго смартфоналде. Кваналеб столалда нахъа, жамгӀияб транспорталда рекIун рукIаго гьелда жаниб бугеб жоялъухъ ралагьула, цо-цояз гьеб цадахъ хӀамамалдецин босула.

Бокьараб телефон Аллагьас нилъер хIал бихьизе кьураб нигIмат буго. БитIун хIалтIизабуни, Гьесул разилъиялде рачунеб, мунагь кколеб жо гьабуни - Аллагьасул ццим бахъинги тIаде цIалеб.

«Дица я жундул, я гIадамал рижун гьечIо Дие гӀибадат гьабизе гурони», - ян абун буго БетIергьанас «аз-Зарият» сураялъул 56 аяталда. Тавпикъ кьеги Аллагьас нилъее батIулаб рехун тун, хIакъалда рахърилълъине ва щивасул кисиниб бугеб телефон, иблисалъул гудур гIадин гуреб, Аллагьасде гIагарлъиялъе сабаб хIисабалда хIалтIизабизе квербакъаги. Амин.

 

Хадижат Хизриева

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...


Аварагасул ﷺ кIиго къиса

Аварагас ﷺ рихьизаруна чанго мугIжизатал, авараглъиялъул хIакъикъат гIадамазда бичIчIизабиялъе. Гьелдаго цадахъ аварагасда ﷺ гIезегIан захIмалъаби рихьана халкъ диналде ахIулаго. МугIжизатазул бищун кIудиябги ккола Къуръан. Щайгурелъул, Аллагьасул ﷻ калам букIиналъ, лъиданиги жиб хисизабизеги...


Мажгиталъул азбаралда – ярмарка

МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул майданалда тӀобитӀана риидалил лъай кьеялъул курсазул гӀахьалчагӀаз ва гьезул эбел-инсуца гӀуцӀараб лъималазул ярмарка. Ярмарка гӀуцӀаразул цоялъ бицана: «Лъималазе унго-унголъунги бокьула гьадинаб ахӀвал-хӀал. Нижер расги ракIги бухIичIо гьаниб...