Аслияб гьумералде

Къуръаналъул мугIжизат

Къуръаналъул мугIжизат

Къуръаналда рехсараб гӀараб мацӀалъул «وَسَطًا» (васатIан) абураб рагIиялъул магIна ккола «бакьулъ» яги «гьоркьохъеб» абураб. Гьеб рагIи дандчIвала бищунго халатаб «Бакъара» сураялъул 143 аяталда. Гьениб Аллагьас абулеб буго: «Гьедин Нижеца нуж гьоркьохъеб умматлъун гьаруна», - ян.

 

Сура «Аль-Бакъара» гӀуцӀун буго 286 аяталдасан. Гьеб рикӀкӀен бащад гьабун бикьани 143 аят ккола, гьебги буго сураялъул бакьулъ бакI. ГӀажаиблъизе ккараб жо, «гьоркьохъеб» абураб рагӀи батула хас гьабун 143 аяталда жаниб, жибги сура «Бакъараялъул» бакьулъ бакIалда бугеб, жиндир магIнаги бакьулъ бакI бугин абулеб.

ГӀемерисел муъминзабаз гьеб куцалъ рекъезабун гӀуцӀцIараб калам рикӀкӀуна ТIадегIанав Аллагьасдасан бугеб каламлъунги мугIжизатлъунги. Къуръан рещтIунеб мехалъ лъида кIвезе букIараб, щив кантIизе вукIарав гьединаб куцалда рекъезабун гьеб рагIи лъезе? РухIияб рахъ гуребги гьениб бихьизабун буго математикияб магIнаги.

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...


Къуръаналда рехсараб пихъ

Инжир ккола бищунго машгьурал пихъазул цояб, хирияб Къуръаналда рехсон Аллагьас тIадегIан гьабураб. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Тин (инжир) ва зайтун абулеб жиб кIиялъулъго баракат бугеб, жиндаса инсанасе квание ва дару-сабабалъе мунпагIат босулеб пихъалдалъун гьедулев вуго...


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...


Риидалил курсал ва торгIо хIай

1 августалда Шамил районалъул ХӀотода росулъ тӀобитӀана риидалил курсазде хьвадулел лъималазда гьоркьоб мини-футболалъул рахъалъ турнир. Къецазда гӀахьаллъана 13 соналде щвезегӀан ригьалъул лъималазул командаби. Турниралъул хӀаси-лалда тIоцебесеб бакI ккуна ТӀидиб росдал командаялъ, кIиабилеб бакӀ...


Хириясул ﷺ насаб

Щивав чиясда тIадаб буго хирияв аварагасул ﷺ инсул ва эбелалъул наслуялъул рахъалъан гьабураб насабалъул сияхI лъазе.   Аварагасул ﷺ инсул рахъалдасан насаб ГIабдуллагь. Аварагасул ﷺ эмен вукIана къурайшиязул мисал босизе бегьулев инсан. Гьев вукIана ГIабдулмутIалибил анцIабилеб лъимер....