Аслияб гьумералде

ХIикматал махлукъатал

ХIикматал махлукъатал

ХIама рикIкIуна инсанасе мутIигIаб хIайванлъун. Гьеб хасият жиндилъ букIиналъ хIама букIана росабалъ гIумру гьабун ругел гIадамаз рокъоб хьихьулеблъун.

 

ХIамида кIола жиндирго чорхол цIайиялъул 2/3 бутIаялда бащалъулеб юк баччизе. Гьединаб цIайи тIад бугониги, щибго захIмалъи гьечIого билъуна гьеб 10-12 сагӀаталъ, хIатта квана-гьекъечIого. Амма тIад лъураб жо цIикIкIун ккани, чIаралъуса багъаруларогоги букIуна.

Гьеб буго рахIатаб, эркенаб гӀумру гьабизе бокьулеб хIайван. Жиб ругьун гуреб гьава-бакъ бугелъубе ккедал, гьелъие захIмалъула ва байбихьула щанкIлазул куц хвезе.

Гьезул гIундузда кIола хIажат гьечIеб сас рагIунгутIизабизе. ГIундузул жанисел рахъазул гIуцIалабаз гьелъие кумек гьабулеб буго жинда лъалел ва хIажатал гьаркьал цIикIкIун рагIизаризе.

ХӀама рикIкIуна сверухъ лъугьунелъул ургъел гьечӀеб хIайванлъун. Амма хIинкъи халлъидал, гьеб чодаса нахъе ккечIого бекерула. Бекеризеги кумек гьабула гIундуз. Бекерулаго, гьаваялъул дандечӀей дагьлъизелъун, гIундул данде къала ва рагIулелщинал гьаркьалги къотIизарула. 

Гьел рикIкIуна гIезегIан цIодорал жаллъунги. Щиб бугониги квалквал гьабулеб жо халлъидал, гьез балагьула гьеб бакI сверун ине нух. Жидее хIажат бугелъубе ине цIодорлъи гIола. 

ХIайваназда гьоркьор хIамул рукIуна гIумру халаталлъун. Сонал раниги гьезул ччорбал гIемер загIиплъуларо. Гьоркьохъеб къагIидалда, захIматаб хIалтIаби рукIунеб мискинал пачалихъазда гьез гIумру гьабула 12-15 соналъ. ГIадатиял бакIазда ругез бала 25-30 сон. ДандчIвала 40 сон баралги.

 

 

МухIаммад ГIалиев

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Риидалил курсал ва торгIо хIай

1 августалда Шамил районалъул ХӀотода росулъ тӀобитӀана риидалил курсазде хьвадулел лъималазда гьоркьоб мини-футболалъул рахъалъ турнир. Къецазда гӀахьаллъана 13 соналде щвезегӀан ригьалъул лъималазул командаби. Турниралъул хӀаси-лалда тIоцебесеб бакI ккуна ТӀидиб росдал командаялъ, кIиабилеб бакӀ...


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...


ХIакъаб жоялдаса инкар гьаби

Къуръаналдагун Аварагасул ﷺ хIадисазда рехсарал бищунго хIинкъи бугел рекIел гIунгутIабазда гъорлъ буго чIухIи ва гIамалкIодолъи. Нилъер диналда гьеб кIиябго мунагь рикIкIуна гIемерал цогидал мунагьазул кьибиллъун ва инсан Аллагьасда ﷻ цеве рихаравлъун лъугьинавулеб шартIлъун. Гьеб гIицIго...


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...