Аслияб гьумералде

Пайдаяб ханжу

Пайдаяб ханжу

Квана-гьекъолеб жо гьарзалъараб заман буго гьаб. Кванидаса кколел руго гIемерисел унтабиги. Масала, хъахIаб ханждал квен кванаялъ.

 

Зарал дагьаблъун ва пайда бугеблъун ккола ххенараб, ай жиндир хъалгун цадахъ бугеб ханжу (цельнозерновой). Гьеб ккола тIахьдиги батIа гьабичIого, щибго сортги нахъе босичIого ххенараб. Гьединаб ханжу бечедаб букIана витаминаздалъун, минералаздалъун, клетчаткаялдалъун, белокалдалъун ва беэнал кислотабаздалъун. Гьелда гъорлъ руго витамин В, ниацин В3, тиамин В1 ва фолевая кислота В9. Гьединго гьелда гъорлъ батун буго инсанасул иммунитет щула гьабулеб бензоксазионидалъул кислотаби.

 

РакIалъул унтаби

Сингапуралъул гIалимзабаз чIезабуна гьеб ханжу хIалтIизабулеб бугони, ракIалъулгун бидурахьазул унтаби ккеялдаса цIунулин абун. Британиялъул гIалимзабаз чIезабун буго, къойида жаниб гьеб тIагIамалъул лъабго порция хIалтIизабиялъ, гьелъул цоябги 28 граммалда бащадаб, гьелъ 22 проценталъ ракIалъул унтиялъул хIинкъи инабулин абун. Бостоналъул гIалимзабазги хъвалеб буго гьединаб ханжу хIалтIизабиялъ рекIел унтиялъ хвеялъул хIинкъи дагь гьабулин абун.

 

Бидурихьал

Цельнозерновияб ханжуялда гьабураб тIагIамалъ инсульт ккей гьукъула. Китаялъул гIалимзабаз хIалбихьиги гьабун хъвалеб буго гьединаб ханжу хIалтIизабуразул инсульт ккеялъул хIинкъи 14 проценталъ дагьлъулин абун.

 

Кьаралъиялдаса цIуни

Британиялъул гIалимзабаз бихьизабуна къойида жаниб лъабго порция гьединаб ханждал хIалтIизабуразул черх цIунулин кьаралъи рекIиналдаса.

 

Диабет

Кванилъ гьединаб ханжу хIалтIизабиялъ цIунула чакрил унти кккеялдаса. Гьелъие гIилла – гьеб ханжу клетчаткаялдалъун бечедаб букIин. Гьелъги кумек гьабула чорхол цIайи цIикIкIиналда хадуб хъаравуллъи кквезе.

 

Квен биин

Кванил тIагIамалда гъорлъ гьединаб ханжу букIиналъ кумек гьабула квен бииналъе. Гьединго кумек букIуна гъиз сварунгутIиялъеги. Черх бацIцIад гьабула шлаказдаса ва токсиназдаса. Чорхолъ бугеб гIададисеб лъамалъи къватIибе бачахъула. Бидул тIадецуй рекъезабула. Чорхолъ бугеб гемоглобингун холестерин рекъезабула.

 

ЦIалкIараб ханжу

Ханжу цIалкIараб заманалда гьелда гъорлъа нахъе уна клетчатка жаниб букIунеб тIахьди, ай ролъул хъал. Гьеб тIахьдиялъ черх бацIцIад гьабула токсиназдаса ва шлаказдаса. Гьеб хъал пайдаяб буго чорхолъ ругел микроорганизмабазе.

Гьеб цIалкIиялдалъун нахъе уна витамин Е – антиоксидант. Гьел нилъер клеткаби цIунула цогидал заралиял жалаздаса.

 

Заралиял рахъал

Гьелъул зарал букIуна чехь-бакьалъул унти ва инфекция бугезе. Кванирукъалда ругъун бугезе. Глютеналде аллергия бугезе. Хвезабизе рес буго кванирукъгун бакьазул слизистияб хъал.

 

Исламияб тарих

Бичасул аварагасул ﷺ заманалда букIараб ханжу ккола нилъеца тIадехун бицен гьабураб. Гьебги ххенолаан кверзул гьобоялъул кумекалдалъун. ГIемерисеб ххенолебги пурчIина букIунаан. Ханжу цIалкIи исламалъул байбихьуда букIараб жо гуро.

 

АхIмад МухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


КигIан лъикI букIинаан…

Гьале тIаде щолеб буго хирияв МухӀамад ﷺ аварагасул моцӀ ва жиндилъ гьев гьавураб моцӀ. КигӀан лъикӀаб букӀинаан нилъее гьеб моцӀ цогидал моцӀаздаса цӀикӀкӀун хӀаракат бахъани гьесул гӀумруялъул, биографиялъул лъазабуни. Гьединлъидал жакъа байбихье гьал мухъаздасан.   Аварагасул ﷺ берцинаб...


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...


Аллагьасул ﷻ баракатаб сайигъат

ТӀадегӀанав Аллагьас инсанияталъе гӀемерал пайдаял пихъал рижун руго, гьезда гьоркьоб хасаб бакӀ ккола цӀибилалъ. Гьеб пихъ некӀсияб заманалдаса нахъе гӀадамазда лъалеб букӀана ва чанго нухалъ рехсон букӀана Хирияб Къуръаналда Аллагьас жиндирго лагъзадерие кьурал кӀудиял нигӀматазул...


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...