Аслияб гьумералде

Рамазаналъул квен

Рамазаналъул квен

АлхIамдулиллагь, гьале исанаги нилъее гIумру батана тIаде щвараб рамазаналда дандгичIван, паризаяб кIал кквезе. КIал кквезе бигьалъиялъе ругел сабабаздасан буго радакь рахъиги. Гьелда сухIуриланги абула. МаркIачIуда кIал биччалелъул бугеб нигIматгун рохел ккола ифтIар.

 

СухIур

Радакь рахъун кванай буго аварагасги ﷺ гьабулеб букIараб гIамал, суннат, жиб гьабиялдалъун кириги хъвалеб. ХIадисалда буго: «Нужеца сухIур гьабе, гьелъулъ баракат буго», - ян. Жеги абун буго: «Лъим гьекъонги нужеца радакь рахъун сухIур гьабе», - ян (ибну ХIиббан). Абу-Давудица бицараб риваяталда буго: «Муъминчиясул лъикIаб сухIур буго чамасдак кванай», - абун.

Гьаб заманалда бугеб квен-тIехалъул халгьабуни, сухIур гьабизе рахъиндал кваназе лъикIаблъун бихьизабула, хехго черх загIиплъиларедухъ, биин хIинцаб квен. ЛъикIаблъун бихьизабула бацIцIад гьабичIеб (цельнозерновой) ххаралъул чед, гьалилал культураби, гречкадул, пиринчIалъул, макароназул крупабазул квен, нису- хIан, пер. Гьекъезе лъикIаб буго гьоцIогун жубараб лъим, куракул компот. Белкаби цIикIкIараб кванил – гьан, ччугIа, хоно. Кьаралъиги чорхое хIажатаб заман гьеб бугелъул, кванилъе жубазе бегьула дагьа-дагьаб мохмох, зайтуналъул нах.

 

ИфтIар

ХIадисалда буго: «Баракаталъулъ ругеллъун гIадамал тIаса унаро гьез кIал биччаялъулъ хехлъи гьабулебгIан заманалда», - абун (Бухари). Гьелъ ифтIар гьабизеги суннатаб буго бакъ тIерхьарабго (маркIачIул как ахIидал), как базе байбихьилалде.

КIал биччазе суннатаб буго чамасдакIалдалъун. Щайин абуни, гьеб буго кIал биччай гьабулелъул кваназе лъикIаблъун аварагас ﷺ бихьизабураб нигIмат. ХIадисалда буго: «Нужеца кIал биччай чамасдакIалдалъун. Щайин абуни, гьелъулъ баракат буго. ЧамасдакI батичIони, лъедалъун биччай. Щайин абуни, лъим буго рацIцIад гьарулеблъун», - абун (ибну Мажагь).

Аварагас ﷺ кIал биччалелъул лъабго чамасдакI кваналаан, цинги маркIачIул как балаан, гьелдаса хадуб кваналаан.

ЧамасдакIалдалъун кIал биччазе беццараб буго гьеб кванирукъалъе биинабизе бигьаяб, черхалъе къуват кьезе ва ургьимес щула гьабизе лъикIаб букIиналъе гIоло. Лъедалъун биччалеб бугони, гьеб букIине ккола цIакъго цIорораб гуреб, рукъалъул температура бугеб.

КIал биччалелъул кваназе лъикIаб буго бацIцIад гьабичIеб (цельнозерновой) ролъул гьарурал тIагIамал, гIиял ва гIанкIудал гьан, ччугIа, тIощалабазул чурпа, салат, плов, пихъал ва гьезул компотал, овощал. Бакъун загIиплъараб ургьимесалъе пайда кьолеблъун рикIкIуна гьан гъорлъ белъараб гьагIуги.

Кваназе лъикIаб гьечIо хъахIаб ролъул квен, газ гъорлъ бугел сокал, майонез, кетчуп, фастфуд ва батIи-батIиял химиялъулал жал журарал нигIматал.

ХIалкIун хIаракат бахъе нилъерго гьаниб бижулеб, гIадатияб квен хIалтIизабизе.

 

 

 

КАНТIИЗАРИ

КIалкквей буго хасаб гIибадат. Гьелдалъун чияс жиндирго напс БетIергьанасе ﷻ мутIигIлъизе тIамула. Бакъизабидал гьеб квегъизе ва шайтIан нахъчIвазе бигьалъула. Аварагасул ﷺ хIадисалда буго: «Унгоги шайтIан, бидурихьазулъан би хьвадулеб кинниги чиясулъ хьвадула, нужеца гьелъул нухал ракъиялдалъун къварид гьаре», - ян (Муслим).

 

 

 

 

ТаравихIалъул каказда хадуб заманалда беццула кишмиш, цIулакьо, миндаль гIадал ракъварал пихъалги кваназе.

ХIаракат бахъила цIакъго гIемер кваначIого чIезе. КIал кквеялъул магIнаго бугелъулха ракъи халлъи, гьелде сабру гьаби.

Цоги, кIал ккун рукIаго мунагьалде кколелдаса цIунун чIела. Аварагас ﷺ абун буго, чан чийинха вугев кIал ккурав, жидее гьелдасаги ракъиги къеч хIехьей гуреб, батIияб жо щвечIевилан абун (ибну Мажагь). Гьел рагIабазе баян гьабун имамзабаз абуна, къад заманалда къваригIел гьечIелъуре хьвадун, гьукъаралде ралагьун, мунагьлъун кколеб кIалалъ бицун жидер ккураб кIалалъул кири хвезабулезул хIакъалъулъ бицен гьабураб бугин гьеб хIадисилан.

Аллагьас ﷻ тавпикъ кьеги щивасе, Гьев ﷻ разияб гIамалги гьабун, моцI тIобитIизе.

 

МухIаммадгIариф Къурбанов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Къуръаналда рехсараб пихъ

Инжир ккола бищунго машгьурал пихъазул цояб, хирияб Къуръаналда рехсон Аллагьас тIадегIан гьабураб. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Тин (инжир) ва зайтун абулеб жиб кIиялъулъго баракат бугеб, жиндаса инсанасе квание ва дару-сабабалъе мунпагIат босулеб пихъалдалъун гьедулев вуго...


Аллагьасул ﷻ баракатаб сайигъат

ТӀадегӀанав Аллагьас инсанияталъе гӀемерал пайдаял пихъал рижун руго, гьезда гьоркьоб хасаб бакӀ ккола цӀибилалъ. Гьеб пихъ некӀсияб заманалдаса нахъе гӀадамазда лъалеб букӀана ва чанго нухалъ рехсон букӀана Хирияб Къуръаналда Аллагьас жиндирго лагъзадерие кьурал кӀудиял нигӀматазул...


Какда хадуб зикру ва дугIа

ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъиялъе бищун кIудиял нухазул цояб ккола зикру - Аллагь рехсей. Гьелъ муъминчиясул ракI чIаго гьабула, такъва щула гьабула, БетIергьанасулгун бухьен цIунизе кумек гьабула. Аллагьасул Аварагас ﷺ бусурбабазда малъана зикруялъул батIи-батIиял формаби ва бихьизабуна Аллагь...


Мажгиталъул азбаралда – ярмарка

МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул майданалда тӀобитӀана риидалил лъай кьеялъул курсазул гӀахьалчагӀаз ва гьезул эбел-инсуца гӀуцӀараб лъималазул ярмарка. Ярмарка гӀуцӀаразул цоялъ бицана: «Лъималазе унго-унголъунги бокьула гьадинаб ахӀвал-хӀал. Нижер расги ракIги бухIичIо гьаниб...


Ахирисеб сапар

Хвел ккола щивав чиясда цебе бугеб, тIаса унареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Кинабго напсалъ хвел чIамизе буго», - ян. (Сура «Алу-ГIимран», аят 185)   Гьединлъидал исламалъ бусурбабазда малъула хвалде хIадурлъи гьабизе гуребги, дунял тун унев чиясда аскIоб кин рукIине...