Аслияб гьумералде

Пайдабазул гъамас

Пайдабазул гъамас

Пайдабазул гъамас

Ражипер гIемерисез кванилъ хIалтIизабула. Гьеб рекъезабун хIалтIизабизеги лъикIаб буго. Гьелъулъ буго бихьинчиясул черхалъе асар гьабулел гIемерал жал. Гьединго гьелъулъ буго лъималазул рижи лъикIлъизабулеб фолот абураб гIуцIиги. Лъимер гьабизе ругел руччабазеги лъикIаб буго гьеб кваназе. Гьеб заманалда руччабазул би лъамаги гьабулеб буго ражипералъ.

 

Гриппалде ялъуни квачалъул унтуде дандеги гьеб лъикIаблъун рикIкIуна. Иммунитетги гьелъ лъикIлъизабула. РекIелгун бидурихьазул гIуцIи сах гьабизеги кумек гьабула.

Кумек гьабулеб буго тIулал клеткаби рукIалиде рачIинаризе, ццидал къвачIаялда ганчIал лъугьине тунгутIизе.

КIващул гIуцIиялъул нухазда воспалительниял процессал лъугьинеги толел гьечIо.

ГьоцIогун жубан хIалтIизабиялъ бидулъ холестериналъул къадар гIодобе ккезабула. Бидурихьазда лъугьараб кьаралъи биххизабула. ГIадалнахулъ тромб ккеялъул хIинкъи дагьлъизабула. Би хьвади лъикIлъизабун, бидурихьал эркенго хIалтIуледухъ гьел гIатIилъизе гьарула.

ЛъикIаблъун бихьизабулеб буго гьоцIогун жубан хIалтIизабизе бронхиалияб астма, гипертония сах гьабизе, ракIалда жо чIунгутIи инабизе, нерваби гIодоре руссинаризе. ГьоцIогун жубан хIалтIизабиялъ кумек гьабула тIомол кьер лъикIлъизабизе, перхот дагьлъизабизе, рас лъикI бижизе.

Рахьгун жубан хIалтIизабиялъ кумек гьабула ццунтрул инаризе, ангинаби сах гьаризе, ухIуди инабизе, макьил низам рукIалиде ккезабизе.

Квен бихIинабизеги кумек гьабула ражипералъ. Рак унтиялдасаги цIунула гьелъ.

ГIемерал пайдаби ругониги циндаго гIемераб къадар хIалтIизабизеги лъикIаб гьечIо. ГIемер хIалтIизабуни, давление бахине ва цIерхIей лъугьине рес буго.

ЛъикIаблъун бихьизабулеб гьечIо кванирукъалда ва бакьазда унтаби ругезе. Лъимер хахизабулей чIужугIаданалъги бегьи-бегьунгутIи лъазабун гурони кванаге.

Аллагьас ﷻ  дарулъун гьабеги!

 

АхIмад Къурбанов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


ХIакъаб жоялдаса инкар гьаби

Къуръаналдагун Аварагасул ﷺ хIадисазда рехсарал бищунго хIинкъи бугел рекIел гIунгутIабазда гъорлъ буго чIухIи ва гIамалкIодолъи. Нилъер диналда гьеб кIиябго мунагь рикIкIуна гIемерал цогидал мунагьазул кьибиллъун ва инсан Аллагьасда ﷻ цеве рихаравлъун лъугьинавулеб шартIлъун. Гьеб гIицIго...


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...


Къуръаналда рехсараб пихъ

Инжир ккола бищунго машгьурал пихъазул цояб, хирияб Къуръаналда рехсон Аллагьас тIадегIан гьабураб. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Тин (инжир) ва зайтун абулеб жиб кIиялъулъго баракат бугеб, жиндаса инсанасе квание ва дару-сабабалъе мунпагIат босулеб пихъалдалъун гьедулев вуго...


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...