Аслияб гьумералде

Лъабго гIаламат

Лъабго гIаламат

ГIабдуллагь ибн ГIамридасан бицана, Бичасул Расулас ﷺ абунин: «Пасалъи, саяхълъи (квешаб калам гьаби), гIагарлъи къотIизаби, мадугьалихъ квеш рукIин тIибитIидал, къиямасеб къо тIаде щвела», - ян. (АхIмад, ХIаким)

Анасидасан бицана: «Къиямасеб къоялъул гIаламатаздасан ккола пасалъи, къабихIлъи (къабихIаб калам гьаби), гIагарлъи къотIизаби тIибитIи». (ТIабарани)

Ибну МасгIудица бицана: «Къиямасеб къоялда цебе гIагарлъи къотIизаби (цIикIкIина)», - ян. (АхIмад)

ХIадисалда бугеб «пасалъи», ай «фухIш» абураб рагIул магIнаги ккола зина ва гьелда релълъарал нахъегIанал ишал гьарейин абураб. Гьеб мунагь кидаго букIана, амма цере арал киналниги гIадамазул тайпабаз гьеб пиша какулаан. Кинниги жакъа гьеб пиша гIадамазул берзукь гIадатияб ишлъун лъугьун буго. Хасго бусурбан гурел гIадамаз гIумру гьабулел бакIазда. Зинагун цадахъ жеги цIакъго гIемер тIибитIун буго интернеталдасан гьеб къабихIаб иш гьабулел видеоялги. ЦIех-рех гьабидал баянлъана, гIемерисел гIадамал интернеталдасан гьелъухъ балагьулел рукIин.

Телефонал гьечIеб заманалда гIадамазул ва хасго гIагарлъиялъул тIаде-гъоркье хьвади букIана. Гьел ракккидал, тIаде-гъоркье хьвади дагьлъана. Гьелдаго цадахъ руго чанго соналъ барщун чIарал, цоцада кIалъаларел яц-вацалгицин. Гьеб гурищ кIудияб балагь!? Бичасул Расулас ﷺ гIагарлъи къотIизабулел гIадамазул хIакъалъулъ абуна: «ГIагарлъи къотIизабулев Алжаналде лъугьунаро», - ян. (Муслим)

Гьебго хIал буго мадугьаллъиялъулги. АскIоб цун нуцIа бугониги, лъалеб гьечIо гьениб гIумру гьабун щив вугевали. Бичасул Расулас ﷺ абуна: «Къиямасеб къоялда иман лъурав, мадугьалгун лъикI вукIа», - ян. (Муслим)

ЛъикIлъи гьабун бажарулеб гьечIони, заралгIаги гьабизе бегьуларо. Аварагас ﷺ абун буго: «Къиямасеб къоялда божулес мадугьалзабазе зарал гьабуге», - ян. (Муслим)

Камил МухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...


Хьул къотIуге

ГIемер чиясул гIумруялда жаниб бачIуна цо заман, жинцаго гьабураб гъалатIалъул яги мунагьалъул захIмалъи бичIчIулеб. ГIайиб ва тамихIалдаса хIинкъи къуватаб букIине бегьула, гьелъ хьул къотIиялде рачинеги бегьула. Амма нилъер диналъ тавбуялъул каваби кидаго рагьараллъун руго. Аллагьас ﷻ нилъер...


Нухазда рацIцIалъи чIезабулев

ХIурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Шамил районалъул ТIаса Колоб росдал гIадамазе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе Микьигьориса ХIасанил МухIаммадие.   МухIаммадица тIаде босун буго нижер росабалъе рачIунел нухазул тIалаб-агъаз...


Ахирисеб сапар

Хвел ккола щивав чиясда цебе бугеб, тIаса унареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Кинабго напсалъ хвел чIамизе буго», - ян. (Сура «Алу-ГIимран», аят 185)   Гьединлъидал исламалъ бусурбабазда малъула хвалде хIадурлъи гьабизе гуребги, дунял тун унев чиясда аскIоб кин рукIине...


Какда хадуб зикру ва дугIа

ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъиялъе бищун кIудиял нухазул цояб ккола зикру - Аллагь рехсей. Гьелъ муъминчиясул ракI чIаго гьабула, такъва щула гьабула, БетIергьанасулгун бухьен цIунизе кумек гьабула. Аллагьасул Аварагас ﷺ бусурбабазда малъана зикруялъул батIи-батIиял формаби ва бихьизабуна Аллагь...