Аслияб гьумералде

Аварагзабазецин балъгояб

Аварагзабазецин балъгояб

Кинаб заман тIаде бачIаниги гIадамазул рекIелъа унаро Къиямасеб къо чIезе бугеблъи. Цо-цояз гьелъул ургъелго гьабуларо, цогиял гьелда божизецин божуларо. Амма хIакъикъиял муъминзаби кидаго гьелде хIадураллъун рукIуна. Гьеб ккола дунялалда чIаголъи лъугIун, БетIергьанасда цереги чIун гIадамазул хIисаб гьабулеб къо.

Амма ТIадегIанав Аллагьасе хутIун, гьеб къо кида чIезе бугебали лъиего загьираб гьечIо. Бусурбабаз гьеб Аллагьас балъго гьабиялъул хIикмат, муъминзаби гьелде кидаго хIадураллъун рукIинелъун бугин абун рикIкIуна.

Бусурбабаз гьеб къо кида чIезе бугебин абун аварагасда цIехолеб букIараб кинниги, цогиял аварагзабазул къавмазги жиде-жидерго аварагзабазда гьелъул цIехолеб букIана. Кинниги гьезул цонигиясги, нилъер аварагасго гIадин, гьеб къо кида чIезе бугебали бицинчIо. Щайин абуни, аварагзабазеги гьеб балъголъи букIун.

Хирияб Къуръаналъул «альАгIраф» сураялъул 187 аяталда ТIадегIанав Аллагьас абулеб буго: «Дуда гьез гьикъулеб буго Къиямасеб къо кида чIезе бугебин абун. Дуца гьезда абе гьеб къо чIеялъул лъай дир БетIергьан Аллагьасда аскIоб бугин. Къиямасеб къо чIезе бугеб заман цохIо Аллагьас гурони загьир гьабуларин.

Зобал-ракьазул агьлуялъе цIакъ бакIлъун буго Къиямасеб къоялъул амру (киналго гьелдаса хIинкъун руго, гьелъул захIматал ахIвалал тIаде щвей бокьичIого руго). Гьеб къо тохлъукье гурони нужеде тIаде бачIунаро. Дуда гьеб къоялъул хабар гьикъулеб буго мун гьеб лъалев вугев гIадин. Жеги дуца гьезда абе, МухIаммад , Къиямасеб къоялъул гIелму Аллагьасда аскIоб бугин.

Кинниги гIемерисел гIадамазда Къиямасеб къо чIолеб заман балъго гьабиялъул хIикмат лъаларо», - ян. Муъминзабазе мунпагIат бугеб хIикмат буго гьелъулъ. Гьезда лъалеб гьечIелъул кида гьеб чIезе бугебали, гьединлъидал, жидеца Аллагьасе гIибадат гьабиялда тIадчIей гьабун, Аллагьасул амру тIаде бачIиналде гIадатияб хвелалъ хваниги, гьеб къо тIаде щун хваниги, хIадурараллъун рукIун Аллагьасда цере рухI иманалда босун хвезелъун.

ГIадамаздаса балъгояб бугониги, гьеб тIаде щвезе гьечIо гьелъие ругел чIахIиялги гIисиналги гIаламатал загьирлъун гурони. Нилъецаго кIвар ва ургъел гьабичIого тун гурони, гьитIинал гIаламатал щибаб къойилго гIадин загьирлъулел ва лъугьунел руго. Гьел гIаламатал нилъедаги лъачIого тохлъукьего лъугьунелго гIадин тIаде щвезе буго гьеб къоги.

Муслимидасан бицараб Аварагасул кьучIаб хIадисалда буго: «Къиямасеб къо тIаде щвей букIине буго, кодоб бугеб чед кваназе, бича-хиси гьабизе, ялъуни вараниялдаса бечIчIараб рахь гьекъезе нуж регIуларебгIанцин тохлъукьегояб», - абун.

МУХIАММАДГIАРИФ КЪУРБАНОВ

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


МухIаммад ва АхIмад цIаразул магIна

Аварагасул ﷻ цIараздасан ккола: МухIаммад абураб цIар. БетIергьанас гьесда гьеб цIар лъуна вижилалдего 2000 соналъ цебе. Гьавун хадуса гьесда МухIаммадан цIар лъуна гьесул кIудияв эмен ГIабдулмутIалибица. МухIаммад абураб цIаралъул магIнаги ккола «жив веццарав» абураб.   Дуца щай гьесда дур...


Мажгиталъул азбаралда – ярмарка

МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул майданалда тӀобитӀана риидалил лъай кьеялъул курсазул гӀахьалчагӀаз ва гьезул эбел-инсуца гӀуцӀараб лъималазул ярмарка. Ярмарка гӀуцӀаразул цоялъ бицана: «Лъималазе унго-унголъунги бокьула гьадинаб ахӀвал-хӀал. Нижер расги ракIги бухIичIо гьаниб...


КигIан лъикI букIинаан…

Гьале тIаде щолеб буго хирияв МухӀамад ﷺ аварагасул моцӀ ва жиндилъ гьев гьавураб моцӀ. КигӀан лъикӀаб букӀинаан нилъее гьеб моцӀ цогидал моцӀаздаса цӀикӀкӀун хӀаракат бахъани гьесул гӀумруялъул, биографиялъул лъазабуни. Гьединлъидал жакъа байбихье гьал мухъаздасан.   Аварагасул ﷺ берцинаб...


Какда хадуб зикру ва дугIа

ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъиялъе бищун кIудиял нухазул цояб ккола зикру - Аллагь рехсей. Гьелъ муъминчиясул ракI чIаго гьабула, такъва щула гьабула, БетIергьанасулгун бухьен цIунизе кумек гьабула. Аллагьасул Аварагас ﷺ бусурбабазда малъана зикруялъул батIи-батIиял формаби ва бихьизабуна Аллагь...


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...