Аслияб гьумералде

ХIал рекъезаби

ХIал рекъезаби

Я, дир вас, дуда лъай, гIадамазулгун хIал рекъезабун гIумру гьабурав чи, шагьидасул даражаялда вугев вукIин. Щай абуни, гIадамазда хIал рекъезаби - аварагзабазулги сиддикъуназулги тIабигIатаздасан буго. ГIадамазе бигьаявлъун, хIеренавлъун ва тамахавлъун вугев чи Аллагьас жужахIалъул цIаялъе хIарам гьавула. Гьелъие гIоло Авараг вукIана рагIа-ракьанде щвараб хIеренлъиялъул чи. АсхIабзабаз дунялалъул бицараб мехалъ, дунялалъул бицунаан, гьез ахираталъул рехсей гьабураб мехалъ, ахираталъулги бицунаан, гьез квен-тIехалъул бицараб мехалъ, Аварагас гьелгун цадахъ кванилги бицунаан.

Аллагь разилъаяв ГIумар-асхIабас (р.гI) абуна: «Нуж жакъа къвакIиялдаги хъачIлъиялдаги гьоркьор ругел чагIи руго. Авараг жиндирго хъулухъчагIазе, лагъзадерие ва киналго асхIабзабазе кутакалда бигьаяв ва гурx1ел-рахIму бугев вукIана», - ян.

ТIадегIанав Аллагьас абун буго (магIна): «БетIергьан Аллагь муъминзабазда гурхIулев вуго», - ян. (Суратул «АхIзаб», аят 43). Цоги аяталда буго (магIна): «Нужедаго гъорлъа Авараг вачIун вуго нужехъе, нужее къварилъи ккей жиндие захIмалъулев, нуж иман лъун битIараб нухде ккезеги цIакъ бокьулев, муъминзабазда гурхIелрахIмуги бугев», - ан. (Суратул «ат-Тавбагь», аят 128).

Нужехъе вачIана Авараг , инсанлъиялъулъ жив нужеда релълъаравин абураб магIнаялда. Нижеца гьев цогидаздаса хас гьавун вукIиналъе гIоло, нужеда гурхIел гьабиялъул ретIел ретIана гьесда ва Гьевги нужеда тIад тана гурхIел-рахIму бугев вукIиналъул хIужабаздалъун. Гьесда бищун кIудияб ургъел бугеб жо – нужеца Аллагьасда иман лъей буго.

Цебе рехсаралъул магIна: я, гIарабал, нужехъе вачIана нужго гIадав гIарабияв Авараг r, нужерго гIадаб мацIги бугев. МацI релълъараб букIин гьоркьоб рокьа-хинлъи букIиналде гIагарабги, дагIба-рагIиялдаса рикIкIадабги, хIужа бичIчIиялде хехабги букIунелъул. БитIараб нухалде гIадамал тIоритIи гьезул мацI лъан гурого хIасуллъуларо.

Гьединго Авараг вукIиналъе гIологи ТIадегIанав Аллагьас бижараб тIоцебесеб жавгьар. Абу Гьурайратидасан (р.гI.) бицана, Аварагас ЖабрагIил малаикасда гьикъанин: «Я, ЖабрагIил, дур гIумруялъул чан сон бугеб?» - абун.

Гьес абуна: «Я, Бичасул Авараг , дида лъаларо, кинниги ункъабилеб зодоб лъабкъоялда анцIазарго соналда жаниб цо нухалъ баккулеб цIва буго. Дида гьеб лъабкъоялда анцIила кIиазарго нухалъ бихьана», - ян.

Гьеб мехалъ Аварагас абуна: «Я, ЖабрагIил, дир БетIергьанасул тIадегIанлъиялхIаги, гьеб дуда бихьараб цIва дун вуго», - ян.

Аллагьас Адам авараг (гI.с.) вижарав мехалъ, гьесул мугъзада хирияв МухIаммад Аварагасул нур лъуна, гьеб нурги гьесул надалда кунчIулеб букIана. Гьесул рижиги аслуги Аллагьас бижанщинаб жоялъул бищун хирияб буго. Гьесул бацIцIадаб рухIги киналниги рацIцIадал рухIазул бищун тIадегIанаб буго. Гьесул тухум-кьибил, тухум-кьибилазул бищун хирияб буго. Гьесул мацIги, мацIазул бищун лъикIаб буго.

Гьесухъе рещтIараб Къуръанги Аллагьасул тIахьазул бищун хирияб буго. Гьесул r агьлу-асхIабзабиги, цоги агьлуялдаса бищун лъикIаб буго. Гьев гьавураб заманги - заманабазул бищун лъикIаб буго. Гьев жанив вукъараб нур бараб Равзаги, киналго бакIазул бищун тIадегIанаб буго.

Гьесул килщаздаса баккараб лъимги, киналго лъиназул бищун хирияб буго. ТIадегIанав Аллагьасул «БитIараб нухде нуж тIоритIизе жиндие цIакъ бокьулев» абураб рагIиялъул магIнаги – Авараг нужеца иман лъезеги, нужер хIалал лъикIлъизеги жиндие цIакъ бокьулев вугин абураб буго. «Муъминзабазда гурхIел-рахIму гьечIин абураб буго. Гьелъие гIоло абун буго, киналниги ишазулъ хIеренлъи маx1 берцинал жалазулъ миск гIадин бугилан.

ДРЯЛЪУЛ МУФТИ, ШАЙИХ АХIМАД-ХIАЖИ АФАНДИЯСУЛ (КЪ.С.) «ЛЪИКIАЛ ТIАБИГIАТАЗУЛ АХ» ТIЕХЬАЛДАСА.

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Къуръаналда рехсараб пихъ

Инжир ккола бищунго машгьурал пихъазул цояб, хирияб Къуръаналда рехсон Аллагьас тIадегIан гьабураб. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Тин (инжир) ва зайтун абулеб жиб кIиялъулъго баракат бугеб, жиндаса инсанасе квание ва дару-сабабалъе мунпагIат босулеб пихъалдалъун гьедулев вуго...


ХIакъаб жоялдаса инкар гьаби

Къуръаналдагун Аварагасул ﷺ хIадисазда рехсарал бищунго хIинкъи бугел рекIел гIунгутIабазда гъорлъ буго чIухIи ва гIамалкIодолъи. Нилъер диналда гьеб кIиябго мунагь рикIкIуна гIемерал цогидал мунагьазул кьибиллъун ва инсан Аллагьасда ﷻ цеве рихаравлъун лъугьинавулеб шартIлъун. Гьеб гIицIго...


Риидалил курсал ва торгIо хIай

1 августалда Шамил районалъул ХӀотода росулъ тӀобитӀана риидалил курсазде хьвадулел лъималазда гьоркьоб мини-футболалъул рахъалъ турнир. Къецазда гӀахьаллъана 13 соналде щвезегӀан ригьалъул лъималазул командаби. Турниралъул хӀаси-лалда тIоцебесеб бакI ккуна ТӀидиб росдал командаялъ, кIиабилеб бакӀ...


Какда хадуб зикру ва дугIа

ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъиялъе бищун кIудиял нухазул цояб ккола зикру - Аллагь рехсей. Гьелъ муъминчиясул ракI чIаго гьабула, такъва щула гьабула, БетIергьанасулгун бухьен цIунизе кумек гьабула. Аллагьасул Аварагас ﷺ бусурбабазда малъана зикруялъул батIи-батIиял формаби ва бихьизабуна Аллагь...


Мажгиталъул азбаралда – ярмарка

МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул майданалда тӀобитӀана риидалил лъай кьеялъул курсазул гӀахьалчагӀаз ва гьезул эбел-инсуца гӀуцӀараб лъималазул ярмарка. Ярмарка гӀуцӀаразул цоялъ бицана: «Лъималазе унго-унголъунги бокьула гьадинаб ахӀвал-хӀал. Нижер расги ракIги бухIичIо гьаниб...