Аслияб гьумералде

Жавгьаралъул бакIалда чIолел рагIаби

Жавгьаралъул бакIалда чIолел рагIаби

Аллагьас ﷻ хирияб Къуръаналда абулеб буго (магIна): «Нуж сидикъуналгун цадахъ рукIа», - ян (сурату «Тавбат» 119 аят). Хирияб аяталда Аллагьас ﷻ гьелгун цадахъ рукIаян амру гьабуниги, гьелъ магIна кьоларо, черхалъул рахъалъ гуреб, рухIияб рахъалъ рукIин гурин абураб.

Гьеб ритIухъ гьабулеблъунги буго рабитIа. РабитIа гьабулев чияс киданиги абуларо лъикIал чагIи пикрабазулъе рачIун яги беразда рихьун хадур жинда Аллагь ﷻ ракIалде щвечIого хутIулин. Щайин абуни, рабитIаялъул аслуго Аллагь ﷻ рекIелъ кквей бугелъул.

Аяталда рехсей гьабулел сидикъунал щал кколелин абуни, ибну ГIабасидаса бицараб хIадисалда буго: «Аварагасда ﷺ цIеханила кинал чагIигун цадахъ гIодор чIезе лъикIаб бугеб нижее абун. Жаваб гьабун аварагас ﷺ абун буго: «Гьел руго жал рихьиялдалъун нужеда Аллагь ﷻ ракIалде щвезарулел чагIи», - ян («Муснад»).

МухIаммад ибну Юсуфица абун буго: «ЛъикIал чагIи рехсеялдаса рекIее пайда гьабулеб жо дида бихьичIо», - ян.

Суфян ибну ГIуяйнатица абун буго: «ЛъикIал чагIи рехсеялда аскIоб рахIматал рещтIуна», - ян. Гьединлъидал, баракат рещтIиналъе сабаблъун букIине рехсела тIарикъаталъул чанго устарас абурал жавгьаралъул бакIалда чIолел рагIабиги.

Имам Гъазалияс хъван буго: «Ццим бахъин ва гьава-шавкъ хIайваназул тIабигIатал руго. Лъай ва цIодорлъи - инсанасул берцинлъи буго», - ян.

Сайфуллагь-къадияс абун буго: «Кодоб бугеб жоялда гIей гьаби – дунял цIураб меседалдаса лъикIаб буго». «КигIан берцинго кIалъай гьабулеб бугониги гьерсихъанасул хIурмат гьабуларо, гьесул къисматги хIакъираб буго». «МацI гьаби, гIадамал каки ва гьереси бицин рикIкIад гьабе дудасаго», - ян.

Жамалудин Гъумукъияс абун буго: «ГIелму хIалтIизабе, цогидаз гьеб дудаго данде хIалтIизабизегIан», - ян.

«ХъантIиялдаса цIуне, гьелъ дуда загьруяб рукIкIен къазабула», - ян абун буго МухIаммад Ярагъияс.

ГIасаса ГIабдурахIман-хIажияс абун буго: «ТIарикъаталъул анлъго рукну буго. Лъабго рукну дагь гьабизе кколеб: кванай, кьижи, кIалъай. Лъабгояб тIадчIей гьабизе кколеб: зикру, пикру, устарасухъе ин.

ХIасан-афандиясул рагIабаздаса ккола: «ГIумруялда жаниб гIемер гьабураб гIамал холеб мехалъги гьабула чияс, холеб мехалъ гьабураб жо тIаде вахъунеб къоялъги гьабула. Гьединлъидалин нилъеца гIемер Аллагь ﷻ рехсолев, холеб мехалъ Гьев ﷻ ракIалде щвезе вукIине», - ян. Кванда аскIоб баракат щваяс гьабулеб букIараб дугIа буго: «Я Рабби, гьаб нижеца кванараб квен, гьал нижер киналго лугби жиндие гIоло рижараб жоялде руссинаризе кумек-тавпикъ жиндалъун бугеб нигIматлъун гьабе, Аллагь ﷻ».

Бакълъухъа КIудияс абуна: «АбизегIан нилъер ихтияралда букIуна рагIи, абун хадуб гьелъ нилъеда кверщел гьабула». «Дунялалъул боцIул мисал рагIадалъул мисал буго, нилъ лъутанагIан хадуб бортулеб, хадур лъугьанагIан лъутулеб».

Гьандихъа ХIумайд-афандияс абун буго: «ХIузур гьечIого гьабураб тIагIат эхеде борхулеб гьечIо. Щибха гъолъ гьабулебин абуни, нилъеда цебе букIунеб буго кIудияб жолъунги бихьун».

«ЛъикIаб хIалухъин бачIине бокьарав ихдалгун риидал хIалхьи гьечIого хIалтIула. Гьединав чи анищ бугелдеги щола» (СагIид-афанди).

«Чиясда тIоцебесеб тIадаб борч ккола хIалалаб нухалдалъун бетIербахъи гьабизе жо тIалаб гьаби» (ГIабдулжалил-афанди).

Дагъистаналъул муфти АхIмад-афандияс хъван буго: «Я дир вас, дуда лъай, вуцIцIунчIей камилал гIадамазул сипатги Аллагьасде ﷻ гIагарлъиялъул адабги букIин» («ЛъикIал тIабигIатазул ах»).

Аллагьас ﷻ сидикъуназул баракат-шапагIат щолеллъун гьареги нилъ киналго! Амин!

МухIаммадгIариф Къурбанов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Хириясул ﷺ насаб

Щивав чиясда тIадаб буго хирияв аварагасул ﷺ инсул ва эбелалъул наслуялъул рахъалъан гьабураб насабалъул сияхI лъазе.   Аварагасул ﷺ инсул рахъалдасан насаб ГIабдуллагь. Аварагасул ﷺ эмен вукIана къурайшиязул мисал босизе бегьулев инсан. Гьев вукIана ГIабдулмутIалибил анцIабилеб лъимер....


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...


Нухазда рацIцIалъи чIезабулев

ХIурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Шамил районалъул ТIаса Колоб росдал гIадамазе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе Микьигьориса ХIасанил МухIаммадие.   МухIаммадица тIаде босун буго нижер росабалъе рачIунел нухазул тIалаб-агъаз...