Аслияб гьумералде

ГIолареб жо щиб?

ГIолареб жо щиб?

ХIурматиял бусурбаби, гьале 35 соналдасаги цIикIкIун заман ана Совет союзги биххун, диналъул ахIкамал загьирго тIуразаризе рес щваралдаса. Гьеб заманалда гьоркьоб дунялалъул гIемерал хиса-басиял ккана. ХIатта гьеб заман байбихьигун гьавурав чиясул гьабсагIат 35-37 сон буго. Гьеб заманалда чIаго рукIарал гIемераз гьаб панаяб дунялги тана. Союзалъул заман какулеб мех гуро, мекъи бичIчIуге, гьеб заманалда дин гьукъиялъ букIараб захIмалъи бицинчIогоги гIезехъин гьечIо.

 

ХIисаб гьабеха, паризаяб как базе хIинкъараб, кIал кквезе бегьулареб, бусурбанлъиялъул кинабгIаги гIаламат загьир гьабиялъ тамихIалде цIалеб мех кинаб букIунебали. Садакъа кьезе гьукъараб, мавлид гьаби балъго гьабизе кколеб, дурго лъималазда как баян амру гьабиялъухъ жанив тIамизе рес бугеб заманалда кинаб цIар лъелеб?

Къуръан гIадамазда рагIун цIализе, лъималазда гьеб малъизе яги цогидасухъе гьел ритIизе бегьулареб мех щиб букIунеб?

АлхIамдулиллагь, реццгун щукру БетIергьанасе халкъалда букIараб гьеб зулмуги тIаса ун диналъе гIатIилъи нилъее кьурав. Гьеб нигIмат бихьичIого, гьелъухъ гIащикълъун дунял тана нилъер умумуз.

Гьанжесеб гIелалъе, ай гьеб цебе букIарабщинаб жо бихьичIеб яги дагьабго бихьараб гIелалъе бокьун буго чанго суал кьезе?

Дуе гIолареб жо щиб?

– Мажгиталги рагьун, эркенго гьенир какал разе бугеб ресищ?

– Рузманкъоялъ кинабго ишги тун, мажгиталда жанив чIун, гIибадат гьабун, кири босизе бугеб санагIатищ?

– Бокьараб мажгиталда жаниб Къуръан цIализе лъазабизе, лъимал гьенире ритIизе бугеб ресищ?

– Гъваридго исламияб гIелму цIализе бокьараб мадрасалде мунго ун яги лъимал ритIун гIарабият лъазабизе бугеб санагIатищ?

– Нух-нухазда рарал киналго санагIатал жанир чIезарурал мажгиталищ?

– Сордо-къоялъ чIечIого исламалъе хIалтIизе, дагIват гьабун гIумру инабизе бугеб ресищ?

– Дурго рокъоб бокьараб мехалда гIуцIизе рес бугеб мавлид яги мажлисищ?

– Устарасухъе ун тIарикъа-талъул вирд босун берцинго гьеб тIубазабулев вукIине бугеб санагIатищ?

– Хатму-салаваталде хьвадизе бугеб нигIматищ?

– ГIелмиял мажлисазде ун вагIзабазухъ гIенеккун пайда босийищ?

– ГIелмиял тIахьал, гIажамгун, гIурус ва магIарул мацIазда цIализе бугеб ресищ?

– Рокъобе босун бачIунеб, гIелмуялъул хазина, «Ас-салам» казиятищ?

Гьанир рехсаралщинал санагIатал руго союзалъул заманалда макьилъгицин бихьулеб букIинчIеб, ракIалде ккезецин хIинкъараб ишлъун. Балагье, заман хисараб куц. Гьединги букIаго гьанже раккарал цо-цо «гIакъилзабазул» пикруялде балагьани, цо щиб бугониги гIолеб гьечIо. Щиб жо гIоларого бугебин цIехедал, бицинеги лъалеб гьечIо. ГIажаибго гьезие данде кколел ратуларо росдал имамги, хIукуматалъ тарал хIакимзабиги, хIинкъи гьечIолъи цIуниялъул хIалтIухъабиги ва цониги жамгIияв хIаракатчиги. Гьеб бакIалдаса бичIчIулеб жо тIокIаб батIияб хутIуларо халкъалъул рахIат хвезаби, рикьи ккезаби, гIадамазул пикрабазда жаниб щаклъи бачIинаби гурони. Гьединаб пикругун ният бугезул рахъккун кIалъайги гьезие хIалай рахъун рикьи гьабиялда релълъуна.

Гьаб заманалда нилъее къваригIараб жо буго гьал цере рехсаралги, рицун рахъинчIелги нигIматаздаса пайдаги босун, нилъерго гIумру берцинго тIами. Кинаб рахъ босаниги гьаб жакъа къоялъгIан рахIатаб, эркенлъи кьураб мех цебе букIун батиларин абизе бегьила. Шукру гьабичIеб нигIмат тIаса ине рес бугелъул, рачIа нилъеца хIалкIвараб куцалъ пайда босилин Аллагьас насиб гьабураб нигIматалдаса.

 

ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Хириясул ﷺ насаб

Щивав чиясда тIадаб буго хирияв аварагасул ﷺ инсул ва эбелалъул наслуялъул рахъалъан гьабураб насабалъул сияхI лъазе.   Аварагасул ﷺ инсул рахъалдасан насаб ГIабдуллагь. Аварагасул ﷺ эмен вукIана къурайшиязул мисал босизе бегьулев инсан. Гьев вукIана ГIабдулмутIалибил анцIабилеб лъимер....


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...


Риидалил курсал ва торгIо хIай

1 августалда Шамил районалъул ХӀотода росулъ тӀобитӀана риидалил курсазде хьвадулел лъималазда гьоркьоб мини-футболалъул рахъалъ турнир. Къецазда гӀахьаллъана 13 соналде щвезегӀан ригьалъул лъималазул командаби. Турниралъул хӀаси-лалда тIоцебесеб бакI ккуна ТӀидиб росдал командаялъ, кIиабилеб бакӀ...


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...


Хьул къотIуге

ГIемер чиясул гIумруялда жаниб бачIуна цо заман, жинцаго гьабураб гъалатIалъул яги мунагьалъул захIмалъи бичIчIулеб. ГIайиб ва тамихIалдаса хIинкъи къуватаб букIине бегьула, гьелъ хьул къотIиялде рачинеги бегьула. Амма нилъер диналъ тавбуялъул каваби кидаго рагьараллъун руго. Аллагьас ﷻ нилъер...