Аслияб гьумералде

КIочене кIолареб...

КIочене кIолареб...

КIочене кIолареб...

ХIурматиял бусурбаби, Дагъистаналъул тахшагьаралда ккараб нагагьаб балагьалъул хабаралъ пашман гьавичIев чи цониги ватиларо. Гьаб дунялалъул рокъор нилъ руго гьалбал гIадал чагIи. КигIан нилъее бокьичIониги, цо-цо хIалбихьияздаса нилъ рорчIуларо. Щибаб заманалда гьеб букIуна батIи-батIияблъунги. Нилъер умумузда гIемераб гIакъуба бихьана, ракъи-къеч хIехьезе ккана.

 

Нилъер заман буго гьарзаяб, рахIатаб, камилаб ва ресал гIемераб. Гьединаб мехалда тIаде бачIараб къварилъи хIехьезе гIезегIанго захIмалъула. Щиб гьабилеб, дунял буго хIалбихьиялъул бакI. Хирияб Къуръаналда БетIергьан Аллагьас абун буго: «Дица нужер хIалбихьизе буго захIмалъаби тIаде тIамиялдалъун ва гьединго рахIатал кьеялдалъун, гьездалъун питнаялде ккезаризеги руго», - ян (сура «Анбияъ», аят 35).

НигIматаздалъун хьезариялдалъун нилъер хIалбихьулебго гIадин, балагьал тIаде риччанги хIалбихьула. Нилъ руго Аллагьасул загIипал лагъзал. Нилъее рекъола Аллагьас кьураб нигIматалъе шукруги гьабун, тIаде бачIараб захIмалъиялъе сабруги гьабун рукIине.

Цогидаб аяталда буго: «Дица нужер хIалбихьичIого теларо цониги хIинкъи рекIелъе тIамиялдалъун, ракъиялдалъун, боцIи-рикъзи дагь гьабиялдалъун, черхалъе сакъат ккезабиялдалъун, пихъ, тIорщел дагьлъизабиялдалъун. Гьел балагьазде сабру гьабун чIаразда рохелги барке», - ян (сура «Бакъара», аят 155).

Хирияб хIадисалда буго, дунял гьабун гьечIила муъминчиясе кирилъун яги капурчиясе гIакъубалъунин абун. Гьединги бугеб мехалда, дунялалда рукIаго кинабниги рахIат-рохел тIаде цIай ва гьеб букIинабизе лъугьин буго гIададисеб иш. КигIан гIемераб рахIаталда гьанир ругониги, цо къоялъ гьеб тезе кколел чагIи кколелъулха нилъ.

 

 

 

Нилъеда кIочене бегьилищ гIумруялъул магIна, дунял дагьаб жо букIин

 

 

 

Балагьал сабаблъун ккола

Мунагьал чуриялъе. Хирияб хIадисалда буго: «Бусурбанчиясде тIаде бачIараб свак, унти, ургъел, пашманлъи, зарал, хIатта гьесда къараб зазгицин ккола сабаблъун гьесул мунагьал чуриялъе», - ян.

Даражаби рорхиялъе. МусгIаб бин СагIдидасан бицун буго, жинца Бичасул аварагасда ﷺ гьикъанила: «Я Бичасул авараг ﷺ, кинал гIадамазде бищунго цIикIкIараб балагь биччалебин абун.

- Аварагзабазде, цинги гьезда релълъаразде ва гьездаги релълъаразде. Инсанасде балагь биччала гьесул диналъул хIисабалда.  Диналъулъ щулияв гьев вугони, балагь цIикIкIараб биччала. Диналъулъ загIипав ватани, гьесул диналъул къадаралда биччала. Аллагьасул лагъасдаса балагь тIаса унаро гьесда тIад мунагь бугебгIан заманалда, - ян жаваб гьабуна Хирияс ﷺ»

Мунагьалъул гIакъуба цебе ккеялъе. ТIаде бачIараб балагьалъ инсанас гьабураб мунагьалъухъ кколеб гIазаб цебеккунго дунялалдаго тIубазабула. Хирияб хIадисалда буго: «Жиндир лагъасе лъикIлъи гьабизе Аллагьасе бокьидал, гьесие гIакъуба цебеккунго гьабула. Гьединго, жиндир лагъасе квешлъи бокьидал, мунагьалъул гIакъуба нахъе бахъун тола», - ян.

 

 

 

Гьадин, берда цебе цогидазде рачIарал къварилъаби рихьаниги, нилъер ракIал хIеккунел гьечIо

 

 

 

Алжан щвеялъе. Анас бин Маликидасан бицун буго, дунялалда рукIаго жидеде балагьалги щун, гьезда сабру гьабурал гIадамал рачун рачIунин къиямасеб къоялъ цере. Гьезие щибго хIисабги гьабуларин, киналгIаги цIадирабиги лъоларин, хIисабтун кири-даражаби тIаде чвахизарулин гьездейин абун. 

Гьел гурелги хиралъаби руго балагьазде сабру гьабиялда жаниб. Кин бугониги, нилъер ракIал чармидасаги къвакIарал руго. Гьадин, берда цебе цогидазде рачIарал къварилъаби рихьаниги,  нилъер ракIал хIеккунел гьечIо.

Аллагьас цIунаги балъгоялгун тIатарал балагьаздаса. Амин!

 

ГIабдуллагь МухIаммадов

 

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


Аллагьасул ﷻ баракатаб сайигъат

ТӀадегӀанав Аллагьас инсанияталъе гӀемерал пайдаял пихъал рижун руго, гьезда гьоркьоб хасаб бакӀ ккола цӀибилалъ. Гьеб пихъ некӀсияб заманалдаса нахъе гӀадамазда лъалеб букӀана ва чанго нухалъ рехсон букӀана Хирияб Къуръаналда Аллагьас жиндирго лагъзадерие кьурал кӀудиял нигӀматазул...


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...