Аслияб гьумералде

РахIат хIехьечIони…

РахIат хIехьечIони…

ХIурматиял бусурбаби, щибаб заманалъул буго жиндаго хасаб рахъ. Амма гьаб нилъер заманалъул хаслъиян абуни киналниги нигIматал гьарзалъи, эркенлъи ва гIорхъолъа арал рахIатал рукIин буго. КигIан гIемер тарихалъул тIанчал реганиги, нилъ жинда жанир ругелдаса инсанасе санагIаб ва бигьаяб заманалде тIаде ккезе ресго гьечIо.

 

Амма инсанасул тIабигIат буго лъикIлъи хIехьезе кIолареб. ГIелмияб мацIалъ гьелда абула нигIматалъе капурлъи абун. Гьелъул магIна ккола нигIмат берзукь бихьунгутIи яги гьеб жиндие кьезе тIадабгIадин ккей. БолмацIалда борцани, гьелда абула ццулъийин, гIатIаца мехтиян. Кинаб цIар гьелда лъуниги, хIасил цого буго. Хьихьараб оц гIемер жо квине кьунагIаб бубудулеб кинниги, инсанасулъги гьеб тIабигIат баккулеб буго нигIматал гьарзалъидал.

Тарихалда жаниб гьелъие гIемерал мисалал руго. Муса аварагасулгун гьесул къавмалъул ва фиргIавнил къиса лъаларев чи ватиларо. ФиргIавница лагъзаллъун цере хIалтIизарулел рукIарал бану исраилал Муса аварагас хвасар гьаруна. ФиргIавнги ралъдалъ гъанкъана, гьелги, Муса авараггун жидерго ракьалде ана. Гьеб нухда ТIурасайнаалде арав Муса авараг вачIинегIан заманалъ бачие лагълъи гьабизе лъугьун ратула гьесул къвамалъул гIезегIанал. Балагьеха, пикру хIалтIизабе цо, лагъзаллъун рукIун, гьелдаса рорчIун гIемер заман балалдего жидее щвараб нигIмат хIехьезе кIвечIо гьезда.

Бичасул аварагасул ﷺ асхIабзабазул заманалде рачIинин гьанже. ГIусман-асхIаб халиплъун вугеб мех. Гьесул хиралъаби рикIкIун хIалкIвеларо нилъеда. Цо-кIигоялъул рехсей гьабилин. Абубакаридасагун ГIумаридаса хадусеб хиралъиялъул чи ва хирияв аварагас ﷺ жиндирго берзул канлъаби кIиго ясал кьун дурцлъун гьавурав чи. Дагьабниги пикру хIалтIулесе гьаб кIиялъгоги гIей гьабила. Щибха ккараб гьесул заманалда? Щибго къварилъи гьечIеб, капурзабазулгун унел гъазаваталги ругеб, исламалъе лъикIаб цебетIейги щвараб мех. Гьединаб парахатаб заманалда цо-цо гIадамазе байбихьана щиб бугониги жо гIунгутIизе. Халкъалда гьоркьор тIиритIизаруна щибго аслу гьечIел гьерсил харбал. Цо-цоязе кутакалда гьеб рекIее гIун, божизе бокьун лъугьана. Гьеб киналъулго хIасилалда байбихьана исламалда жаниб питна. Гьеб заманалдаса жакъа къоялде щвезегIан гьеб нуцIаги жеги къачIо. Дагьаб цIикIкIун, дагьаб данде ун къиямасеб къо щвезегIан гьеб питна ракьалда сверизеги буго. Ахиралде кканагIан жеги цIикIкIинеги буго.

РачIа балагьилин бусурбабазул дунялалда бищун къуватаблъун букIараб гIусманиязул империялъе щиб ккарабали. «ГIолохъанал туркал» абураб жугьутIаз гIуцIараб къокъаялъул цебехъанлъиялдалъун халкъ данде бахъинабуна ГIабдулхIамид-кIиабилесде. Ахир кинабха ккараб? Цебе букIараб рахIат кIочараб къисмат ккана. Биххана кIудияб империя, халкъги инжитлъиялда хутIана. КигIан кIвар кьуниги накалдаса тIаде рахъине турказда кIолеб гьечIо жеги. Гьелъие кинаб сабаб ккараб? Добго лъикIлъигун нигIмат хIехьезе сабру гIечIолъи.

Лъалиниб хвалчен лъечIого гъазават гьабулел, халкъ диналде ахIулел имамзабазул, хасго имам Шамил вугеб заманалда гьезул гIиси-бикъинал гъалатIалги ралагьун, халкъалъул пикру бикьизабулел «гIалимзаби» камун рукIинчIо. Гьез бицунебги тIахьаздаса букIун батила, амма гьелда бугеб жиндир бакIалда лъезе лъачIолъиялъ гурищ халкъ гъоркье рехулеб? Шамилидаса хадуб ккаралъе нугIзал нилъго руго.

Гьаб кинабго бициналъе сабаб рехсечIогоги гIеларо. Лъиего балъгояб жо гуро, гьаб заманалдаги «гIалимзаби» камун гьечIо Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афандиясдагун гьес нухда бачунеб муфтияталъул хIалтIуда жанир гъалатIал ратулел. ГъалатIалдасагун мунагьалдаса цIунарав чи щивго гьечIо, малаикзабигун аварагзаби гурони. Цогидав чиясул жагъаллъи ккезе бегьула. Амма гьеб жо гIилла гуро халкъалда гьоркьоб питна бекьиялъе. Кинаб батаниги жиндирго пикругун муфтияталде вачIине гьукъарав гIалимги гьечIо гьабсагIат, цевехунги вукIинчIо. Гьединал гIелмиял бахIсал гьарулаго гурищ союз биххаралдаса нилъер гIумруги араб. ГIайиб батиялъул мурадалда жагъаллъи балагьи, гьев чи витIизави мурад гуреб питна бекьиялъул къасдалда гаргадиялъ халкъалда гьоркьоб кьал тIибитIизаби гурони, цоги хIасил кьоларо. Рецц Аллагьасе буго, гьаб заманалда исламалъул хIалтIи квеш унеб гьечIо. Аллагьас кIудияб тавпикъ кьун буго гьелъие. Суал баккула, цо жо лъикIги букIаго гьелда викIардулев, гIайибал ралагьулесда кинаб цIар лъелебин абураб. Гьесда квешаб цIар лъейги, гьев инжит гьавиги нилъер мурад гуро. КъваригIараб жо буго парахалъи, рекъел, халкъалда гьоркьоб вацлъи. КIудияб цIа ккеялъе аслу цо гьитIинабго цIадул хIенехI гурищ кколеб? Гьеб цIадул кунчIиялъ хехго рухIулеб хIалалда ракъван, тIеренго, тIадагьго рукIине рекъоларо нилъее.

Бичасул аварагас ﷺ абун буго: «Питна буго кьижараб жо, гьеб борчIизабурасе нагIана буго», - ян. НагIана абураб жоги ккола Аллагьасул нигIматаздаса вачахъи ва рикIкIад гьави. Жив вугин ритIухълъи балагьулев абун тIирун чIун, цогидазул, хасго исламалъул церехъабазул гIайибалги цIехон, гьел къватIир чIвазаризе хIаркат бахъулев чи ккола питнаялъул нуцIа гIатIид гьабулевлъун. Цеве вугев нухмалъулесда нахъ рилъиналъулъ гурони цолъиги парахалъиги букIине рес гьечIо.

ГIемерал гIадамал рукIуна цолъизе, ракълида, гьуинлъиялда рукIине кколин абун ахIдолел, амма жидедаго цIехани исламалъул нухмалъулесда нахъвилъунев ватуларо. Цолъи буго цоян абураб рагIудаса бачIараб жо. Цолъи букIине ккани цо цевехъанасда нахърилъине ккола. Гьеб мехалъ гурони цо пикруялде рачIунаро.

Дагъистаналъул муфтияталъ халкъ кидаго ахIула цолъиялде, ракълиде, Аллагьасул нух щулаго кквеялде. Цоцада гьоркьор ругел гIиси-бикъинал гIунгутIаби кколаро бусурбаби рикьизариялъе, питна бекьиялъе гIилла. Гьединал гIадамазда нахърилъани хIинкъи буго гьабсагIат бугеб цолъиги хIалги тIаса ун, цогидал нигIматаздаса нилъ махIрумлъизе.

Аллагьас кантIи кьеги киназего.

 

 

ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


Караматалъул мисал

Халкъалда гьоркьор цIакъго кIвар цIикIкIарал ишаздасан ккола карамат бихьи. ХIатта цо-цоял камуларо, хIакъикъияв устарасда цевеги чIун, мун устар ватани дида карамат бихьизабеян нагIадала ккун чIолел. Гьеб буго хIакъикъияб къагIидаялда караматалъул магIна бичIчIунгутIи.   РабигIадул...


Аллагьас ﷻ кьола ризкъи

Имам Загьидияс бицана: «Цо нухалда дун, дие бугеб ризкъи Аллагьас ﷻ азалалдаго хъвараб бугинги абун, гьелъул хIалбихьизелъун гIалахалде валагьун къватIиве вахъана.   Авлахъалде щведал кIудияб мегIер бихьун, гьелде аскIове индал, гьениб батана нохъо. Жаниве лъугьун, бищун чIегIераб...


Хвасарлъи

ЖужахIалъул цIаялдаса хвасарлъулеб гIамал гьабун хьвади буго нилъер щивасул аслияб мурад. Гьелдаса хвасарлъиги буго муъминчиясе Къиямасеб къоялъ битIккей, щайин абуни, гьеб щвей бугелъул инсанасе Алжаналда кверщел батиялъе гIаламатлъун.    Хирияб Къуръаналда буго гьадинаб магIнаялъул...


Бакъ: гьудулищ, тушманищ?

Хъизамалъул, рукъалъул ургъалабазул цӀураб заманалда руччабазда кӀочон тола жидерго тIалаб-агъаз гьабизе. Нилъер берцинлъиги сахлъиги ккола ТӀадегӀанав Аллагьасул сайгъат ва гьел цӀунизеги ккола.   Нилъер гӀумруялда жаниб кӀудияб бакӀ ккола бакъул нуралъ. Гьелъ кумек гьабула черхалъе, лугбал...


Халкъалъе рухса

Аллагьас ﷻ, Жиндирго рахIма-талдалъун, сапаралъ унел бусурбабазе ахIвал-хIал бигьа гьабуна. Гьединлъидал, сапаралъ унев чиясе изну кьола цо-цо бигьалъабаздаса пайда босизе. Гьел бигьалъабазда гъорлъ руго ункъо ракагIаталъул какал кIигоялде къокъ гьари, гьединго кIиго как цоцаде тIаде...