Аслияб гьумералде

Исламияб тарбия – парахатаб миллат

Исламияб тарбия – парахатаб миллат

ХIурматиял, «Ас-салам» казият цIалулел. Ахирал соназда социалиял сетазда гIемер халлъулел руго школлъимал цоцалъ рагъиялъул хIужаби. Рагъ абураб рагIул магIнаги бичIчIизе бегьула чанго батIияб куцалда, гьелъул буго дагьабго бигьаялгун захIматал рахъалги.

 

Амма гьенир рахъарал видеояз нугIлъи гьабулеб буго гьезулъ гIорхъолъа араб вахIшилъи, кутакаб зулму букIин. ГIодовги ккун лъавудаго гьечIев чиясда тIад малал ралеб хIужаялъе кинаб къимат кьезе рес бугеб?

Гьединаб вахIшилъиялъе ругел гIиллабазул цIех-рех гьабидал, загьирлъулел руго чанго сабабал. Гьезул тIоцебесебги ккола рокъоб эбел-инсуца кьезе кколеб тарбия щвалде щун лъималазе щун гьечIолъи. ХIисаб гьабидал, эбел-инсулгун лъималазул хурхен ккараб мех цIакъ дагь гурони букIунеб гьечIо.

БакъинегIан хIалтIуда, гьелдаса хадур гьанир-дора хIухьбахъулел умумул ругеб мехалда, расги халлъичIого заманги ун, лъимал гIун ратула. Гьеб бакIалда букIине кколеб тарбиягун низам умумуз лъималазе кьечIони, гьез гьеб босула цогидал бакIаздаса. Масала, къватIаздаса, телефоназдаса ва цогидалги хIажат гьечIел бакIаздаса.

Гьелде тIадеги, Дагъистаналда, хасго умумуз, лъимал гьитIинго ругьун гьарулел руго сабру гьечIолъиялде, хъачIлъиялдегун вахIшилъиялде. Радал школалде вас витIулаго эбелалъ абулеб бугони «дуда хъварасда зар байин, цо кьабурасда анцIго данде кьабейин, лъица вугониги ракI бакъвазабун рокъове вачIани мун дир вас гурин» абун, гьев васасул щиб пикру букIинеб, лъиде мугъчIвай гьабилеб? 

ТIоцебесеб иргаялда, нилъеда кIочене бегьуларо нилъ бусурбаби рукIин. Исламалъул нухлъун ккола жиндасаго цогидав цеве гьави, зарал гьабурасул гьеб баччи, хIатта гьесие данде лъикIлъи гьаби. Жеги буго хасаб бихьизабураб нух, жинда тIаде кIанцIарасе гьабизе кколеб. Гьебги ккола тIоцебе гьеб нахъчIваялъе Аллагьасул кумекалде ахIи бай. Гьелдаса хадуб жинда зулму гьабулеб бугониги, кигIан кIваниги бигьаяб куцалда, жиндасаго гьеб нахъчIвай. Гьеб бакIалдаса нахъе ун вукIа, жив эркенго теян гьесда гьари букIа. Живго цIунизе къуват хIалтIизабизе ккани, гьебги живго цIунулеб къадаралда гьабила. Гьеб зулмуялдаса ворчIани, данде рецIел босичIого тезе лъикIаблъун бихьизабунги буго.

Гьаб къагIида буго тIабигIат берцин гьабизе бокьарав бусурбанчиясе исламалъ бихьизабураб нух. Гьеб цIунани, Аллагьасул рахъалдаса гьесие кIудияб макъамгун даражаги буго.

Гьеб нух умумуз лъималазда малъулеб бугони, гIолилазда гьоркьор гьединал хIужабиги къанагIат гурони ккезе рукIинчIо.

Гьалдасаги сурараб жо буго ясалги рагъулел рукIин. Яс, эбел, яц, лъади, ай чIужугIадан исламалда кIудияб хазина ккола. Гьез гурищ гIезарулел гIалимзабиги, гIакъилзабигун къуватал гIадамалги. ЧIужугIаданалъул квердасан гурищ бихьинал унел? ГьедигIан къимат тIокIал жавагьарал исламалъ цIакъго кIодо гьарунги руго. Гьезул жавабчилъи, гьел хьихьи бихьиназда тIадкъан буго. Нахъарокъобги лъун гурищ нилъеца жавгьар цIунулеб, гьеле гьедин цIунула исламалъ руччаби.

Диналъул агьлу, гьанжегIаги заман щвечIищ исламалъул нух щулаго кквезе хIаракат бахъизе. Аллагьас кумек гьабеги кинабго лъикIабщиналъе.

 

ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


Авараг ﷺ кинав вукIарав…

Нилъеца гьаб дунялалда гьабуралъул ахираталде босулелдасан буго гьабураб гIамал. Гьелъ, МухIаммад аварагасул ﷺ умматалдаса нилъги гьарун ругелъул, щивас пикру гьабуни рекъараб буго Аварагасул ﷺ гIамалалда релълъараб чан гIамалдай дица гьабулебин абураб жо. ХIадисалда буго инсанасул жаназа нухда...


Нужее баяналъе

Къуръан щиб моцIалъ рещтIараб? – Рамазан моцIалъ. Муса аварагасул вазир щив вукIарав? – Гьарун (сура «ТIагьа», аят 29). Къуръаналъул магIна щиб? – «ЦIале» абураб. Бищун кьучIаб хIадисазул тIехь щиб? – Бухари. Къуръан абураб...


Лъимал цIуниялъул къоялде

Халкъазда гьоркьосеб лъималазул къо кӀодо гьабун, Каспийск шагьаралда тӀобитӀана «ЦӀуниялда бугеб лъимерлъиялъул канлъи» абураб рахӀмуялъул хъизаналъулаб рекӀин. Гьеб кӀудияб ва унго-унголъунги ракӀ хинлъизабулеб тадбиралда гӀахьаллъана I500-ялдаса цӀикӀкӀун чи — лъимал ва гьезул эбел-эмен. Байрам...


ХIалалаб гьанал нигIматал

ДРялъул муфтияталда тӀоби-тӀана Дагъистаналъул Росдал магӀишаталъул ва кванил нигӀматазул министерствоялъул вакилзабазулгун данделъи. Гьениб бицана гIи-боцӀул къадар гӀемер гьабизе ккеялъул ва гьеб гӀезабиялъул рахъалъ цадахъаб хӀалтӀи гьабиялъул хIакъалъулъ, гьединго, базаразда хӀалалаб гьан...


Халкъалъе рухса

Аллагьас ﷻ, Жиндирго рахIма-талдалъун, сапаралъ унел бусурбабазе ахIвал-хIал бигьа гьабуна. Гьединлъидал, сапаралъ унев чиясе изну кьола цо-цо бигьалъабаздаса пайда босизе. Гьел бигьалъабазда гъорлъ руго ункъо ракагIаталъул какал кIигоялде къокъ гьари, гьединго кIиго как цоцаде тIаде...