Аслияб гьумералде

«Нужер рукъалъе рекъел»

«Нужер рукъалъе рекъел»

«Нужер рукъалъе рекъел»

12 сентябралда, Дагъистаналъул тахшагьаралъул аслияб майданалда, тIобитIана «Нужер рукъалъе рекъел» абураб цIаралда гъоркь халкъазда гьоркьосеб форум. Гьелда гIахьаллъи гьабизе рачIун рукIана Россиялъул 15-ялдасаги цIикIкIун регионалдаса ва цо-цо къватIисел улкабаздаса диниялгун жамгIиял церехъаби.

 

 

 

 

Форумалде рачIарал экспертаз дандчIваял тIоритIана МахIачхъалаялда ругел гIезегIанго вузазул студентазулгун. Форумалъул ахир тIобитIана аслияб майданалда. Гьенир данделъаразул къадар 25 азаргоялдасаги цIикIкIун букIана.

Форумалда гIахьаллъи гьабуна Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афандиясги.

Лъиего балъгояб жо гуро МахIахъалаялдагун Дербенталда исана 23 июналда ккараб вахIшияб лъугьа-бахъин. Террористазул квердасан хвана 21 чи. Гьезда гьоркьор рукIана полициялъулалгун килисаялъул хIалтIухъаби ва Дербенталда бугеб насранияб диналъул килисаялъул бетIер. Дагъистаналъул муфтияс гьенир хваразул гIагарлъиялъе сайгъат гьаруна хириял ракьазде ине ихтияр кьолел путевкаби.

Форумалъул хIасилалда бахъараб резолюциялда киналго рекъана. Гьелъул хIасилги букIана бажарун кинабго къуват нилъер ракьазда рекъел тIибитIиялъе ва гьеб цIуниялъе кьезе кколин абураб. 

 

ГIабдуллагь МухIаммадов

 

 

 

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Хьул къотIуге

ГIемер чиясул гIумруялда жаниб бачIуна цо заман, жинцаго гьабураб гъалатIалъул яги мунагьалъул захIмалъи бичIчIулеб. ГIайиб ва тамихIалдаса хIинкъи къуватаб букIине бегьула, гьелъ хьул къотIиялде рачинеги бегьула. Амма нилъер диналъ тавбуялъул каваби кидаго рагьараллъун руго. Аллагьас ﷻ нилъер...


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...


МухIаммад ва АхIмад цIаразул магIна

Аварагасул ﷻ цIараздасан ккола: МухIаммад абураб цIар. БетIергьанас гьесда гьеб цIар лъуна вижилалдего 2000 соналъ цебе. Гьавун хадуса гьесда МухIаммадан цIар лъуна гьесул кIудияв эмен ГIабдулмутIалибица. МухIаммад абураб цIаралъул магIнаги ккола «жив веццарав» абураб.   Дуца щай гьесда дур...


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...


Аварагасухъ ﷺ гIашикъав

Увайсул Къарани ккола табигӀиназул цояв. Цо-цояз абула гьев гьезда гьоркьоса бищун тIадегIанав вукIаниланги. ГӀемерисел гӀалимзабаз гьев хириявлъун рикӀкӀуна ХӀасанул Басридасаги, ГӀумар бин ГӀабдулгӀазизидасаги, ГIа-тIаъ бин РабахӀидасаги, СагӀид бин Мусайибидасаги.   Увайсул Къарани...