Аслияб гьумералде

Гъаззаялъе дугIа

Гъаззаялъе дугIа

Гъаззаялъе дугIа

Гьале чанго моцI ана Гъазаялда хIалуцараб хIал лъугьаралдаса. Гьезие кумек гьабизе байбихьана бусурбабазги. Дагъистаналъул халкъалъги байбихьана бажарараб кумек гьабизе ва щибаб къойил, рогьалил каказде данделъун, дугIа гьабизе. Дагъистанияз бакIарараб кумекги щвана палестинаялъулазухъе.

Цо-цо «гIакълу камилаз» абулеб букIана митингазде рахъине кколин, нилъерго разилъи гьечIолъи загьир гьабизелъун. Амма ДРялъул муфтияталъул ва гIалимзабазул советалъ тIаса бищана рогьалил каказдеги данделъун, къварилъиялда ругел бусурбабазе, хасго Гъазаялъул агьлуялъе дугIа гьаби.

Рогьалил какде рахъиналъул хиралъи нилъеда лъала. «Рогьалил гIужалхIаги» абун Къуръаналда, суратул «Фажралъул» цо аяталда, гьедулев вуго ТIадегIанав Аллагь ﷻ. Аварагас ﷺ абуна: «Мунапикъзабазе бищун захIматаб как рогьалил ва боголил буго. Гьел каказул хиралъи гьезда лъалебани, хъурщунцин рачIинаан гьел», - ян.

  1. Рогьалил как дунялалдасаги хирияб буго. Аварагас ﷺ киналниги ратибатаздаса рогьалил какил ратибатал хасс гьарулаан. Сапаралда вугеб мехалда хутIун, гьес ﷺ кидаго балаан рогьалил какил ратибат. Аварагас ﷺ абуна: «Рогьалил какда цебе балеб кIиго ракагIаталъул ратибат тIолабго дунялалдаса ва гьелда жаниб бугелдаса лъикIаб буго», - ян.
  2. Аллагьасул цIуни. Аварагас ﷺ абуна: «Рогьалил как барав чи Аллагьасул ﷻ цIуниялда гьоркь вукIуна», - ян. Паризаяб рогьалил как барав чи Аллагьас ﷻ хадусеб рогьалил какил гIуж щвезегIан тIаде рачIунел балагьаздаса цIунула.
  3. Рогьалил как барав чи тIубараб сордоялъ какал рарасда релълъун вукIуна. Аварагас ﷺ абуна: «ЖамагIатгун рогьалил как барав чи тIолабго сордо чIаго гьабурасда релълъун вуго», - ян.
  4. Алжан насиблъи. ХIадисалда буго: «Бакъ баккилалде ва бакъ тIерхьиналде как барав чи жужахIалъуве лъугьинаро», - ян.
  5. Рогьалил гIужалъ Къуръан цIали. Аварагас ﷺ абуна: «Къаси Къуръан цIаларав чиясе малаикзабаз рогьинегIан мунагьал чури гьарула, радал Къуръан цIаларав чиясе малаикзабаз къасилъизегIан мунагьал чури тIалаб гьабула», - ян.

Балагьеха, бусурбаби, рогьалил какдеги ракIарун дугIа гьабиялъул пайда чанго миллион нухалъ цIикIкIунеб гьечIищ, митингазде рахъун гIала-гъважа гьабиялдаса. 

 

 

ГIабдуллагь МухIаммадов

 

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


КигIан лъикI букIинаан…

Гьале тIаде щолеб буго хирияв МухӀамад ﷺ аварагасул моцӀ ва жиндилъ гьев гьавураб моцӀ. КигӀан лъикӀаб букӀинаан нилъее гьеб моцӀ цогидал моцӀаздаса цӀикӀкӀун хӀаракат бахъани гьесул гӀумруялъул, биографиялъул лъазабуни. Гьединлъидал жакъа байбихье гьал мухъаздасан.   Аварагасул ﷺ берцинаб...


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...


ХIакъаб жоялдаса инкар гьаби

Къуръаналдагун Аварагасул ﷺ хIадисазда рехсарал бищунго хIинкъи бугел рекIел гIунгутIабазда гъорлъ буго чIухIи ва гIамалкIодолъи. Нилъер диналда гьеб кIиябго мунагь рикIкIуна гIемерал цогидал мунагьазул кьибиллъун ва инсан Аллагьасда ﷻ цеве рихаравлъун лъугьинавулеб шартIлъун. Гьеб гIицIго...


Мажгиталъул азбаралда – ярмарка

МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул майданалда тӀобитӀана риидалил лъай кьеялъул курсазул гӀахьалчагӀаз ва гьезул эбел-инсуца гӀуцӀараб лъималазул ярмарка. Ярмарка гӀуцӀаразул цоялъ бицана: «Лъималазе унго-унголъунги бокьула гьадинаб ахӀвал-хӀал. Нижер расги ракIги бухIичIо гьаниб...