Аслияб гьумералде

Риидалил курсал байбихьана

Риидалил курсал байбихьана

ХIурматиял бусурбаби. Гьале исанаги байбихьана нилъер гьитIичазе Дагъистаналъул киналго мажгитазда риидалил курсал. Дицаго рикIкIуна лъималазул эбел-инсуе гьеб кIудияб талихIлъун. Балагьеха гьанже, щивав эбел-эмен жиде-жидер лъимергун рокъор хIалтIизе ккун рукIаралани кигIан захIмат букIинароан.

 

Гьелде тIаде рокъобго щиб бугониги жо малъун гIемер чиясухъа лъугьунеб жо гуро. БажаричIони щибха ккезе букIараб? Лъимал гIадада рокъор эркенго хутIилаан.

Дун жеги гьитIинавчи вугеб заманалда кIудиял харабаз бицунеб рагIулаан жал гьитIинаб заманалда мажгиталде цIализе унел рукIанин, цинги совет-хIукуматги бачIун гьениса рачахъанин абун. Гьел гIадамал рукIана инкъилабалъул заманалда жеги лъималлъун рукIараб гIел. Бадиб магIуги ххулун, гьеб заманалъухъги урхъун бицунан гьез, хIатта гIодобиччараб гьаракьалъ, балъго нагагь жасусазда рагIизе гурин.

Балагьеха бусурбаби заман хисараб куц. Совет союзалъул дин гьукъараб заманги ана, диналъе эркенлъиги бачIана, мажгит-мадрасабиги рагьана. Гьанже кинабго буго нилъер кIваралда бараб. Гьаб заманалда гIурав чиясда исламиял ахIкамал малъун ратичIони эбел-инсуе ахираталда бугеб тамихI бигьаяб букIинаро. ГIинкъасдагицин рагIулеб, беццасдагицин бихьулеб хIалалда гьарзаго кьун руго нилъее исламияб дин лъазабизе киналниги санагIатлъаби. Гьаб заманалда гьелде гьетIичIев чиясе щибго гIузруги гьечIо, хIатта гьесул тасамахIлъи дандечIейлъунцин рикIкIине рес буго.

ГьитIинаб кIвахIалъ кIудияб зарал гьабулин буго умумузул аби. Лъимал мажгиталде щвезаризе, гьел рахъинарун къачIазе, гьединго жалго регаралъуса рахъине кIвахIаллъани зарал гьитIинаб букIунгутIиялда щибго шаклъи гьечIо.

Дагъистаналъул Муфтияталъ гIуцарал гьел курсазда гъорлъе бачинчIого щибго жо тун гьечIо. ХIатта программаялда руго лъималазе лъай кьолел хIаялгицин. Гьел курсазе Муфтияталъ рахъун руго хассал тIахьал. Бихьизабун буго щибаб дарс, рокъобе хIалтIигун хъвазе кколел масъалаби. Абизе бегьула цебеккун заманалда Дагъистаналда жаниб гьединаб гIуцIи киданиги букIун батиларин абун. Амма кигIан лъикI бугониги нилъеда гьеб бихьичIони, гьелдаса пайдаги босичIони щолеб хайиралдаса махIрумлъулаха.

Хирияб хIадисалда буго, эбел-инсуца лъималазе гьабулеб сайгъаталъул бищунго лъикIаб кколин исламияб тарбия абун. Гьаб заманалда эбел-инсуе гьеб киналъего кумек гьабулеб буго мажгиталда ругел мугIалимзабаз. Гьелъухъ нилъеца шукру гьабизе ккола тIоцебе БетIергьанасе, хадуб гьелъие сабаблъун ккаралщиназе, Муфтияталъул нухмалъелездасан байбихьун киналго мажгитазул хIалтIухъабазе.

Пикру гьабе цо гьадинаб жоялъулги. Жакъа къоялда жаниб мухь кьечIого щибго жо щоларо. Кинаб мурад нилъер батаниги гьелъухъ бихьизабун буго хассаб харж. Амма диналда хурхарал суалал Аллагьас нилъее кьун руго чIорого. Гьеб нигIматалъе шукру гьабиги ккола букIунеб куцалда гьелдаса пайда боси.

 

ГIабдуллагь МухIаммадов

 

 

 

 

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


ТIаифалда Аварагасул ﷺ дугIа

МухIаммад аварагасул ﷺ гIумруялъулъ ккарал бищунго захIматал хIалбихьиязул цояб букIана ТIаифалде гьабураб сапар. Гьесул лъади Хадижат ва имгIал АбутIалиб хун хадуб Маккаялда бусурбабазул ахIвал-хIал гIемерго хIалуцун букIана. Цинги Аллагьасул ﷻ Аварагас ﷺ ТIаифалде сапар бухьана, шагьаралъул...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Эбелгун кIалъалев гьечIо     Нижер вацасул эбелгун кIалъаларого чанго сон буго. Гьес гIагарлъиялъулгунги бухьен гьабуларо. Цоги шагьаралдеги гочун, телефоналъул ахIиязеги жаваб кьоларо. Гьесул хIакъалъулъ нижеда лъала социалиял гьиназда ругел гьурмаздасан. Яц хIисабалда дие бокьун...


Рогьалил суннат

Рогьалил как жамагIаталда бай ккола цIакъ хирияб гIибадат. Нилъеда лъала гьениб «Магьдина» цIалулеблъи. Гьелде кIвар кьечIогоги тола цо-цояз. КIиабилеб ракагIаталъул рукугIалдаса ворхидал, гьелъул тасбихI-дугIа цIалун хадуб «Магьдина»...


РухӀияб рахъ цебетӀезабулеб заман

Нилъер лъимал риидалилал каникулазухъ урхъун рукIуна хӀухьбахъи гьабизе, гьудулзабигун заман тIамизе, расандизе. Амма нилъеда лъала гьаб ва хадусеб гӀумруялъулъ унго-унгояб талихӀ ва бергьенлъи Аллагьасул ва Гьесул Расуласул ﷺ нухдасан иналъулъ букӀин. Гьединлъидал, хириял яцал, рачӀа нилъеца гьаб...


Караматалъул мисал

Халкъалда гьоркьор цIакъго кIвар цIикIкIарал ишаздасан ккола карамат бихьи. ХIатта цо-цоял камуларо, хIакъикъияв устарасда цевеги чIун, мун устар ватани дида карамат бихьизабеян нагIадала ккун чIолел. Гьеб буго хIакъикъияб къагIидаялда караматалъул магIна бичIчIунгутIи.   РабигIадул...