Аслияб гьумералде

Гьоболасул хIурмат – исламалъул хIакъ

Гьоболасул хIурмат – исламалъул хIакъ

Ахирал соназда Дагъистаналдехун бербалагьи цIикIкIана гьоболлъухъ рачIунел туристазул. ХIакъикъаталдаги гьезие бихьизе кигIанги ругелъулха нилъер берцинал бакIалги, рорхатал мугIрулги, цIорорал иццалги ва бацIцIадаб гьавагун берцинаб ралъадги.

Лъиего балъгояб жо гуро гьобол къабул гьави шаргIалъ беццараб иш букIин. Хирияб хIадисалда буго: «Аллагьасдаги Къиямасеб къоялдаги иман лъолев чияс гьобол кIодо гьаве», – ян. «Гьобол» абун гурони бусурбанчи яги муъминчиян хас гьавун гьечIо Бичасул аварагасул хIадисалда. Гьединлъидал кинав ватаниги гьобол кIодо гьавиялдалъун кири щола нилъее.

Гьалбал берцинго къабул гьариялъул цIарги тIибитIун буго Дагъистаналъул. Гьеб цIаралъе мустахIикъаллъун рукIине хIаракат бахъизе ккела хадубккунги. Туристал гIемер хьвадулел бакIал руго Унсоколо, Гъуниб ва Хунзахъ районал. Гьединго цогидал районаздаги дагь рукIунаро гьел. Гьезда гьоркьовги гIемер батIияв чи вукIуна, гьезул мурадалги батIиял рукIуна.

Амма гIемерисезул мурад букIуна жидеего хIухьбахъи гьаби, нилъер ракь, гIадамал, гIадатал ва культураялъулгун лъай-хъвай гьаби. Гьезда сверухъ нилъеца кинаб хьвади гьабизе рекъараб бугебин абураб суал баккизе бегьула. Гьединаб бакIалда бищунго лъикIаб жо буго исламалъул берцинлъи, гьелъул ритIухълъи бихьизаби.

Гьелъул магIна кколаро гьел рачIиндал киналго какал разе ва цогидал гIибадатазде руссаян абураб. Гьелдаса мурад буго кинабниги хIалалда исламияб нух кквейин абураб. Гьезулгун гьоркьоблъи, даран-базар ва цогидал ишал гьарулелъул гIадиллъи цIунейин, гьел махсароде кквечIого, гьезухъа магIишат батIа гьабизе лъугьинчIого.

Исламалъ нилъеда бихьизабураб лъикIаб тIабигIат хьвадизабиги ккола дагIват. Индонезиялъулгун Малайзиялъул бусурбабаз ислам босун буго бусурбабазул даранчагIазулъ бихьараб ритIухълъи сабаблъун. Цогидал бакIазда гъазаватал гьарун щвезабун батаниги, гьел гIадамаз ислам босана гIицIго лъикIаб хьвади ва ритIухълъи бусурбабазулъ бихьиялъ.

Кавказалъул гIадамал гIедерал, хъачIал ва гIумруялъул цебетIеялдаса гIемерго нахъе ккарал чагIи ругин абураб пикру букIуна чангиязул. Амма нилъехъе гьоболлъухъ щун хадуб гьезул пикру хисула. Гьеб хисиялъе нилъецаги къвал къачIого, гьездехун хъачIлъи лъазабун, гьел хIинкъизаризеян яги цогидал хIалихьалъаби гьезда сверухъ гьаризе лъугьани, гьезул пикру добго бакIалда чIола.

Бокьарав инсан, кинаб диналъул гьев ватаниги, нилъеда лъазе ккола гьевги Аллагьас нилъго гIадин вижарав Гьесул лагъ вукIин. Лъилго гьечIо кинабгIаги ихтияр цогидав чиясул къимат ва къадру холеб яги гIодобегIанлъулеб рагIи абизе. КинабгIаги нилъедаса ккараб гъалатI сабаблъун цоги диналъул вакилзабазул исламалдаса хьул буссунеб пикруги загьирлъун гьев чи исламалдаса рикIкIалъани, жавабчилъи нилъеде ккола.

Гьединлъидал, рачIа диналъул вацал ва яцал, хIалкIвараб куцалъ жигар бахъилин исламалъул нух кквезе.

ГIАБДУЛЛАГЬ МУХIАММАДОВ

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...


Ахирисеб сапар

Хвел ккола щивав чиясда цебе бугеб, тIаса унареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Кинабго напсалъ хвел чIамизе буго», - ян. (Сура «Алу-ГIимран», аят 185)   Гьединлъидал исламалъ бусурбабазда малъула хвалде хIадурлъи гьабизе гуребги, дунял тун унев чиясда аскIоб кин рукIине...


КигIан лъикI букIинаан…

Гьале тIаде щолеб буго хирияв МухӀамад ﷺ аварагасул моцӀ ва жиндилъ гьев гьавураб моцӀ. КигӀан лъикӀаб букӀинаан нилъее гьеб моцӀ цогидал моцӀаздаса цӀикӀкӀун хӀаракат бахъани гьесул гӀумруялъул, биографиялъул лъазабуни. Гьединлъидал жакъа байбихье гьал мухъаздасан.   Аварагасул ﷺ берцинаб...


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...


Хьул къотIуге

ГIемер чиясул гIумруялда жаниб бачIуна цо заман, жинцаго гьабураб гъалатIалъул яги мунагьалъул захIмалъи бичIчIулеб. ГIайиб ва тамихIалдаса хIинкъи къуватаб букIине бегьула, гьелъ хьул къотIиялде рачинеги бегьула. Амма нилъер диналъ тавбуялъул каваби кидаго рагьараллъун руго. Аллагьас ﷻ нилъер...