Аслияб гьумералде

Мунапикъзабазул хIакъикъат

Мунапикъзабазул хIакъикъат

Мунапикъзабазул хIакъикъат

ХIурматиял бусурбаби, БетIергьанас нилъер хIалбихьиялъе загьир руго гIемерал нухал. Гьезул цояб ккола нилъеда гьоркьор ругел диналъул вацалин абун цIар бугел гIадамаз нилъее цо бицун, рекIелъ цоги ккун, заралалъе ургъи. Гьединал гIадамазда мунапикъзабиян абула. ХIакъикъаталдаги мунапикъзаби кIиго тайпаялъул руго: цоял руго гIакъидаялда, ай Аллагьасде бугеб рекIелчIеялда жидер щаклъиги букIун, загьиралда ислам босараллъунги хIан, ракIалда купру бахчун ругел. Гьеб тайпа хIакъикъиял бусурбабилъунги кколаро. Капурзабазеялдасаги цIикIкIараб гIазабалъе мустахIикъалги руго гьел. КIудияб нифакъин абурабги гьеб ккола.

 

Мунапикъзабазул цогидаб тайпа буго загьиралда цо бицун, рекIелъ цогидаб ккун хьвадулел. Гьелда абула гIамалияб нифакъ ва гьитIинаб нифакъ абун. Гьединазул хIакъалъулъ буго Бичасул аварагас ﷺ абунги: «Ункъо пиша буго, щив чи вугониги жиндилъ гьел пишаби ругев, гьев чи вуго вацIцIадав мунапикъ: хабар бицунелъул гьереси бицин, божуе хиянат гьаби, гьабураб къотIи хвезаби, мекъаб жоялда тIад дагIбади. Щив чиясулъ бугониги гьел пишабазул цояб, гьев вукIуна гьеб пишаялдалъун нифакъалъулъ, гьес гьеб тезегIан», - ян.

ГIалимзабазул цояс абуна: «Гьаб хIадис буго гьел пишаби жиндилъ гIемерисеб заманалда хIасуллъулев чиясул хIакъалъулъ. Нагагь-надир гурони гьел пишаби жиндилъ хIасуллъуларев чиясул хIакъалъулъ гьечIо», - ян. Гьаб ккола хIадисалъул тIаса бищараб магIнаги.

Гьединал мунапикъзаби халкъалда гьоркьор киданги камун рукIинчIо. Цоги нухалда такрарлъаниги, гьел руго жидер загьир батIиналде данде кколарел гIадамал. Халкъалда цере батIи-батIиял гIадамазул, хасго лъикIал чагIазул сураталги гьарун, рекIелъ кутакаб тушманлъи кколел. ЖамгIияталъеги гьезул зарал капурзабазулалдасаги цIикIкIараб букIуна.

Исламалъул тарихалде балагьани, бусурбабазда гьоркьор ккарал тунка-гIусиязе сабаблъун гьел мунапикъзаби рукIана. ГIумар, ГIусман ва ГIали асхIабзаби, исламалъул халифзаби, гьелго мунапикъзабаз гурищ чIварал? Гьел чIвадарухъабазе нахъегIанаб ишалъе ихтияр кьурал жеги кIудиял мунапикъзаби ккола. Нилъер заманалда гьединал гIадамал цIикIкIин ккола дунял ахиралде щун букIиналъул гIаламат.

Кинав вугониги цевехъанасул хIалтIуе квалквал гьабулел гIадамал камун рукIунаро. Гьебги БетIергьанасул хIалбихьи батила. Балагье, жеги Авараг ﷺ чIаго вукIаго мунапикъзаби раккана. Чан квекIен гьабураб гьез хирияв Аварагасе ﷺ.  Амма мунапикъзабазул квалквалалъ ккун чIолеб жо букIунаро исламалъул цебетIей. Кинниги, щибаб заманалъул гIадамазул гIамалалде балагьунги кьезе бегьула хIалбихьиял. Кинаб хIал тIаде бачIаниги исламалъул нух щулаго кквей буго нилъеда тIадаб борч.

Гьелда тIасан баккула гьадинаб суал, ай щай гьезие гьеб къваригIарабин абураб. Гьелъие жаваб цоги гьечIо, хIасад гурони. Гьеб хIасад сабаблъун ккана Адам авараг дунялалде вачIиналъе. Гьебго гIилла букIана дунялалда тIоцебесеб би гIодобе тIеялъе. Гьелдаса нахъе кколел питнабазеги аслу гьебго хIасад буго. Гьайгьай, гьелъ инсан вачине рес буго купруялдеги. Кинин абуни, пуланасе щун бугеб боцIи-мал, хъулухъ, гIелму, пагьму, гIадамазул хIурмат ва цогидабги щай гьесие кьураб, дие щай кьечIеб абун, гьеб кьурав Аллагьасде данде вахъиналдалъун. Гьеб жо кколарищ купру?

Амма гьезул ахиралда ккезе бугеб хIакъикъат Аллагьас Къуръаналда баян гьабун буго: «ХIакълъунго, гьел мунапикъзаби рукIуна жидеца ТIадегIанав Аллагь гуккулевлъун (ялъуни гьез гуккула свалат-салам лъеяв Авараг, жидер биги боцIи-малги цIунизе гIоло, балъго рекIелъ купруги бахчун, загьиралда иман лъураллъун муъминзабазда гъорлъги хьвадун), хIакъикъаталда, ТIадегIанав Аллагь вугев хIалалъ Жинца гьел мунапикъзаби гуккулевлъун». Кинин абуни, дунялалда гьезие бокьухъе жидер би, боцIи-мал цIунараллъунги тун, ахираталда бищунго гIазаб гучаб жужахIалъул тIину жидее руссунеб бакIлъунги къачIан. Гьелде тIадеги, дунялалда жал чIаго ругелгIан заманалда къватIир чIвазари, гьелдалъун жал басралъи, ТIадегIанав Аллагьасул рахъалдасан ццин бахъин щвеялъул хIинкъиялда гъоркь рукIиналда цадахъ. Къиямасеб къоялъ гьел мунапикъзабазеги кьолеб буго нур, муъминзабазего гIадин, ай гьел махсародеги ккун. Амма бищун къваригIараб мехалъ, СиратIалъул кьоде щведал, гьеб нурги ссун, чараги хун хутIулел руго, беццал чагIи гIадин.

 

ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...


Риидалил курсал ва торгIо хIай

1 августалда Шамил районалъул ХӀотода росулъ тӀобитӀана риидалил курсазде хьвадулел лъималазда гьоркьоб мини-футболалъул рахъалъ турнир. Къецазда гӀахьаллъана 13 соналде щвезегӀан ригьалъул лъималазул командаби. Турниралъул хӀаси-лалда тIоцебесеб бакI ккуна ТӀидиб росдал командаялъ, кIиабилеб бакӀ...


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...