Аслияб гьумералде

Лъималазул талихI

Лъималазул талихI

ХIурматиял бусурбаби, «Ассалам» казият цIалулел. Гьаб буго лъималазул цIалул соналъул ахир. Гьеб буго умумузе кутакалда ургъел ккараб, кIудияб жавабчилъи тIаде бегараб мех. Щайин абуни, гьеб ккола лъимадуе кинаб махщел тIаса бищилебин абураб цIакъ захIматаб масъала. Щайгурелъул гьелда бараб бугелъул лъимадул хадусеб гIумру.

Махщел тIаса бищиялда ва гIумруялъул нух балагьиялда жанир гIахьаллъизе ккола эбел-эмен гурелги, жалго лъималги. Гьезул цIайи бугелъубе, рокьи ва гьетIи цIикIкIараб рахъалде ритIизе хIаракатги бахъула киназго. Гьайгьай, гьеб буго кутакалда битIараб пикруги. Щайгурелъул рокьи гьечIеб жо инсанас гIемерго лъикI къабул гьабуларо. Гьединлъидал лъималгун дандбан бищизе кколеб гьезие хIажатаб махщел.

Гьеб кинабго буго дунялалда гIумру гьабизе ккани къваригIунеб махщел. ЦохIо дунял гIуцIараб гIоларелъул, гIун бачIунеб гIелалда лъазе ккола ахираталде нух рагьулеб лъаялъул рахъги. Цоцо умумузда ккола, чанго соналъ, лъимал гьитIинго рукIаго мадрасалде ритIарал гIолебин абун. Дунялалда балеб 60-70 соналъ гIумру гьабизелъун 20 соналъ цIализе кколел руго. Абадиялъго бугеб ахираталъул гIумруялъе цо чанго соналъ цIаларалъ кин гIей гьабилеб? Гьеб иш гIакълуялдагIаги рекъоларо.

Бищунго лъикIаб букIина цин лъимер мадрасалдеги кьун, гьесие чара гьечIеб гIелму щун хадуб, дунялалъул цIалиялде вазавуни. Гьедин гьабиларин ккани, щибго захIмалъулареб хIалалда, гьелдаго цадахъ, мадрасалъул цIалиги бачинчIого бегьиларо. Гьединал гIолилазе МахIачхъалаялда ва цоги шагьаразда руго хасал курсал (къасисел). Гьединаб ресалдаса пайда босичIого кинго бегьиларо.

Инсанасул бищун кIудияб тушман жагьлу бугин абула. ЛъангутIиялъ инсан мекъаб нухде рехула. Гьесул нух канлъи гьечIеб, бецIаб, беццав чиясулалда релълъараб букIуна. Кинаб гIумруха букIунеб беццав чиясул? Гьелдасаги нахъе ккараб букIуна жагьиласул яшавги.

Лъимал жеги гьитIинго рукIаго нилъер рес буго жагьиллъиялъул квачIикьа гьел нахъе рахъизе. Амма заман анагIан захIмалъулеб букIуна гьеб. Дагьабго мех банин кканиги соналги хехго уна, лъималги гIола, гIурал кIодолъула, кIудиял херлъула, хераз дунял тола. Гьединлъидал балагьун чIезе яги нахъе тIамизегIанаб мех бугеб жо гьаб дунял гуро.

Диналъул ахIкамал лъаларесул гIибадатги мукъсанаб букIуна. Гьелдаго цадахъ баракатги кинабха букIинеб тIагIат дагь бугелъуб. Щвараб ресалдаса пайда босичIони, гьелдаса махIрум хутIизеги рес буго. Гьаб заманалда гIадин исламияб гIелму цIализе ресал ва санагIатал дунял бижаралдаса букIунго батиларо. Амма гьадин халат хутIиялда щибго божи гьечIо.

Гьединлъидал щибаб мехалдаса пайдаги босун, гIелму цIалиялде лъимал гьетIизаризе ккола. Хьоподаго кьурараб гъветI хважаинасе бокьухъе хIалтIула. Гьединго лъималги гьитIинго куцани, борчIун ккола. Лъималазда гIакълуги гIумруялъул хIалбихьиги гIемер букIунаро. Гьеб кинабго бугел умумуз битIараб нухде рачине ккола гIун бачIунеб гIел.

Аллагьас ﷻ тавпикъ кьеги! Амин!

ГIАБДУЛЛАГЬ МУХIАММАДОВ

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


Аварагасул ﷺ мажгиталда моцIрол игIтикафалдасаги хирияб

ХIурматиял диналъул вацалгун яцал. Халкъалъул жамгIият гIуцIун буго БетIергьанас цоцазда бараблъун, ай цоцазе кумек гьабиялда хурхинабун.    Хирияб Къуръаналъул аяталда буго (магIна): «Муъминал бихьиналги руччабиги цоцазе кумекчагӀи ва гьудулзаби руго. Гьез битӀараб жоялдалъун...


Аллагь ﷻ рехсей

Аллагь ﷻ гIемер рехсеялда хурхун рачIарал цо-цо хIадисазул магIнаби.   Аллагьас ﷻ абулеб буго, лагъас Дун рехсани, Дица гьевги рехсезе вугин. Цояс гьикъана Аварагасда ﷺ, кидаго гьабизе лъикIаб гIамал бицейилан. Аварагас ﷺ абуна Аллагь ﷻ рехсолаго мацI бакъвазе биччангутIи бугилан...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Эбелгун кIалъалев гьечIо     Нижер вацасул эбелгун кIалъаларого чанго сон буго. Гьес гIагарлъиялъулгунги бухьен гьабуларо. Цоги шагьаралдеги гочун, телефоналъул ахIиязеги жаваб кьоларо. Гьесул хIакъалъулъ нижеда лъала социалиял гьиназда ругел гьурмаздасан. Яц хIисабалда дие бокьун...


Суал-жаваб

Щал аварагзабазухъе Аллагьас ﷻ тIахьал рещтIарал? Аллагьас ﷻ аварагзабазухъе рещтIарал тIахьазул къадар 104-ялде бахуна, гьезда гьоркьоса 100-яб буго гурараб кагътил мисалалда (свиток) рещтIараб. ХутIараб 4-яб ккола тIехь. Гьезул щибаб букIана цебе рещтIараб ритIухъ гьабулеб ва жидехъе рещтIунеб...


Аллагьас ﷻ кьола ризкъи

Имам Загьидияс бицана: «Цо нухалда дун, дие бугеб ризкъи Аллагьас ﷻ азалалдаго хъвараб бугинги абун, гьелъул хIалбихьизелъун гIалахалде валагьун къватIиве вахъана.   Авлахъалде щведал кIудияб мегIер бихьун, гьелде аскIове индал, гьениб батана нохъо. Жаниве лъугьун, бищун чIегIераб...