Аслияб гьумералде

ИфтIаразул баракат

ИфтIаразул баракат

ХIурматиял бусурбаби. Хирияб хIадисалда буго: «Рамазан моцI тIаде щведал алжаналъул нуцIби рагьула, жужахIалъул нуцIби къала ва шайтIабазда рахсал рала», - ян абураб.

Гьаб бакIалда бицунеб бугеб алжан рагьиги жужахI къайги чIаго ругел гIадамазе кIудияб батIалъиго бугеб жо гуро. Амма щайха Хирияс ﷺ гьедин абураб ва гьелъул магIна щиб? Къази ГIияз абурав кIудияв гIалимас абулеб буго, гьелдаса бугеб мурад батизе рес бугин халкъалъе щолел рахIматал гьарзаяб, гьабураб гIамалалъухъ гIемераб кири кьеялъул нуцIби рагьулин абураб. Гьелъие кумек гьабула гьебго хIадисалъул магIнаялда бачIараб цогидалъги.

Гьеб риваяталда буго: «Рамазан тIаде щведал рахIматал рещтIуна», - ян абунги.

РахIматин абураб жоялъул бичIчIи буго цIакъго гIатIидаб. Балагье, инсанас кIал кквеялдалъун щолеб бугеб пайдабазул сияхIалде. Аллагьасул ﷻ рахъалдасан щибаб цо гIамал рикIкIун анкьнусгоялдаса цIикIкIун кириги, инсанасе квекIен гьабулеб шайтIан гьеб моцIалъ рахсал ран бухьун букIинги, чорхое щолеб сахлъиги ва гьел гурелги рикIкIун хIалкIоларелгIан гIемерал пайдаби.

Бицен гьабизе бокьун буго гьезул цоялъул. Гьебги буго кIал биччазе квенги хIадурун гIадамал данде гьари. Гьелъул кири бицунаго Хирияс ﷺ абулеб буго, кIал биччазе квенги гьабун гIадамал ахIарасе кIал ккурав чиясе щварабгIанасебго даража щвелин абун.

Цебе гIемер букIинчIеб, гьал ахирал соназда баккараб кутакалда лъикIаб гIадат буго Дагъистаналъул щибаб мажгиталда ва цогидалги гIадамал данделъулел бакIазда ифтIаралъул, ай кIалбиччазе квен хIадуриялъул тадбирал гIуцIи. КIал ккуразда гьоркьор гIемер батIи-батIиял гIадамал рукIине бегьула. Рокъоб хинаб квенги хIадурун, гIодор чIезе рес гьечIелги дагьал рукIунаро. Гьелъие гIиллаги магIишатияб ресалъул рахъ гуреб цогидал гIузраби, ай сапаралда вукIин, рокъоб квен хIадуризе чагIи рукIунгутIи, хIалтIудаса кватIигIадал гIемерал рукIине бегьула. Гьединал квекIенал сабаблъунги ккун гьев чи рокъове щвезегIан вакъун хутIизе рес буго. Гьединал гIадамазе кутакалда санагIатаб ва кумек бугеблъун ккола кванил тепси гIуцIи.

Жеги кIудияб гъира букIуна гIагарлъи-божилъи цоцахъе кIалбиччазе хьвадиялдалъунги. Гьелдалъун щулалъула цоцалъ гьуинлъи, гIагарлъи жубала, гIисинал-чIахIиял цоцазда рихьула. Лъиего балъгояб жо гуро, гьаб заман буго щивго чи жиндирго шугълуялдаса сундего регIулареб. Гьайгьай, бищун цересел гIагарал гIадамалцин рихьичIого чанго моцIалги рала, хIатта цого шагьаралда яги росулъ гIумру гьабун ругониги. Гьединлъидал, гIаммал ифтIарал сабаблъун ккола гIагабожарал цоцада рихьиялъе ва гьоркьоблъи щулалъиялъе. Гьаб заманалда бищунго къваригIараб жоги гьеб буго.

ГIАБДУЛЛАГЬ МУХIАММАДОВ

2026-04-15 (Зул къагIида 1447 с.) №8.


БацIадаб ниятгун

Муса аварагасул заманалда гIумру гьабун вукIана цо динияв чи. Гьес Аллагьасе гIибадат гьабулаан, рукъалъул тIохда гIемерал какал ралаан. Цо къоялъ гьесухъеги рачIун цояз бицана гъотIое гIадамаз сужда гьабулеб ахил хIакъалъулъ. Гьебги рагIун, гIащтIиги босун, гъветI къотIизе къасдгун къватIиве...


ХIикматал махлукъатал

Морж   ЧIахIиял рухIчIаголъабазул цоял ккола моржал. Гьел руго тIом биццатал ва гьелъ кумек гьабула гьезие квачалдаса цIунизе. Габуралъул тIасияб рахъалъул тIом  букIуна 10 сантиметралъ биццатаб.   Гьезда кIола рекIел кьабиялъул хехлъи-хIинцIлъи жидеего бокьухъе бачине. Лъим...


«ЦIидасан пикру гьабе…»


Бахиллъиялъул зарал

БетIергьан Аллагьас щивав чи вижула гIицIавлъун. Гьединго гьесулъ букIунаро щибго къуват, кинабгIаги магIишаталъул бетIергьанлъунги вахъун вачIунаро гьев дунялалде. Гьедин дунялалде лъугьарав чиясе Аллагьас кьола рикIкIун хIалкIоларелгIан гIемерал нигIматал. ТIад ретIине ретIелги, чорхое къуватги,...


КIиябго рокъоб талихI щвела

Нилъер диналда ригьин гьаби буго гIадат гуребги, цIияб гIумруялде гали тIамулеб, гъваридаб рухIияб магIна жиндилъ бугеб динияб къотIи-къай.   ТIадегIанав Аллагьас ﷻ хирияб Къуръаналда абулеб буго (магIна): «ТIадегIанав Аллагьасул ﷻ хIалкIолъиялде тIоритIел гьабулел гIаламатаздасан буго гьес нужее...