Аслияб гьумералде

Бергьенлъиялъул къо

Бергьенлъиялъул къо

Кинго кIочене кIоларо ва кIоченеги бегьуларо КIудияб ВатIанияб рагъул кьогIал къоял. Гьел нилъеда лъала рагъул гIахьалчагIазул харбаздасан ва тарихалъул тIахьаздасан. Гьаб заманалда рагъул гIахьалчагIи цIакъго дагьлъунги руго.

Рагъ байбихьана 1941 соналъул 22 июнь моцIалда. Пачалихъазда гьоркьоб гьабун букIараб ракълъилаб къотIиги хвезабун, фашистазулаб Германия тIаде кIанцIана Совет Союзалде. Гьеб рагъ халат бахъана тIубачIеб ункъо соналъ. Гьеб лъугьана дунялалъул тарихалда бищун вахIшияблъунги. Гьеб рагъда цого заманалда рагъулел рукIана микьгоялдаса 13 милионалде щвезегIан гIадамал.

Рагъулъ хIалтIизабулеб букIана анлъазаргоялдаса 20 азаргоялде щвезегIан танк, 85 азаргоялдаса 165 азаргоялде щвезегIан къадар минометазул ва цогидаб яргъил. Анкьазаргоялдаса 19 азаргоялде щвезегIан самолетги букIана рагъуе хIалтIизабулеб. Гьеб рагъда, батIи-батIиял баяназда рекъон, хвана 27 миллионалдасаги цIикIкIун чи.

Гьединаб захIмат бихьун хадуб БетIергьанас Советияб улкаялъе кьуна бергьине къуват. 1945 соналъул ичIабилеб маялда ахир лъуна рагъуеги. Гьеб къо буго улкаялъулго байрам – Бергьенлъиялъул къо. Гьел соназ рукIарал гIадамазул рагъул кьогIлъи ва зарал хъинтIичIев чиги цониги хутIун ватиларо.

ГIемерал васал камана ватIаналъе. Бергьенлъи босаралдаса байбихьун щибаб соналъ Россиялда, байрам хIисабалда, кIодо гьабула Бергьенлъиялъул къо. РакIалде щвезарула гьениса нахъе рачIинчIел, ватIаналъе гIоло рухI кьурал гIадамал, гьезул бахIарчиял ишал. Гьелдалъун щула гьабула гIун бачIунеб гIелалда жаниб ватIаналде бугеб рокьи, бахIарчилъи ва гьунарал рихьизаризе къасд.

Рецц Аллагьасе , гьеб рагъ Дагъистаналде щвезе БетIергьанас биччачIо. Гьединаб нигIматалъе нилъ мустахIикълъиялъе гIиллалъун батилин тола гIелмуялда гIамал рекъарал гIалимзабиги, гIибадат камилал гIабидзабиги ва камилал муршидазабиги нилъер ракьалда рукIин. Гьединлъидал нилъер шукруги киданиги камизе бегьуларо. Рагъалъ вас гьавуларин абураб аби буго. Амма нилъер хьвадачIвадиялде балагьани, сунцаго цIунулеб хIал бихьулеб гьечIо.

Хабар гIемерлъун, гIатI цIикIкIун, гIамал гванзлъун, гIибадат гьаби дагьлъун буго. Гьелде кантIизе киданиги кватIунги букIунаро. Гьединлъидал рачIа киназго цадахъ гьабилин нилъерго гIамалазул хIисаб. Гьелда жаниб лъикIаб гIамал ккун батани, гьелъие шукруги, мунагьал гьарун ратани, гьелдаса тавбуги гьабилин! Аллагьас кумек гьабеги нилъее лъикIабщинаб гIамал гьабизе! Амин!

ГIАБДУЛЛАГЬ МУХIАММАДОВ

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


Аварагасул ﷺ кIиго къиса

Аварагас ﷺ рихьизаруна чанго мугIжизатал, авараглъиялъул хIакъикъат гIадамазда бичIчIизабиялъе. Гьелдаго цадахъ аварагасда ﷺ гIезегIан захIмалъаби рихьана халкъ диналде ахIулаго. МугIжизатазул бищун кIудиябги ккола Къуръан. Щайгурелъул, Аллагьасул ﷻ калам букIиналъ, лъиданиги жиб хисизабизеги...


Хириясул ﷺ насаб

Щивав чиясда тIадаб буго хирияв аварагасул ﷺ инсул ва эбелалъул наслуялъул рахъалъан гьабураб насабалъул сияхI лъазе.   Аварагасул ﷺ инсул рахъалдасан насаб ГIабдуллагь. Аварагасул ﷺ эмен вукIана къурайшиязул мисал босизе бегьулев инсан. Гьев вукIана ГIабдулмутIалибил анцIабилеб лъимер....