Аслияб гьумералде

Мавлидазул моцIалда дандчIвай

Мавлидазул моцIалда дандчIвай

ХIурматиял бусурбаби, гьале нилъеде тIаде щолеб буго жинда жаниб халкъалъулго хирияв МухIаммад ﷺ авараг гьавураб рабигIул аввал моцI. Нилъеда гьоркьоб гьеб машгьураб буго мавлидазул моцI абун. Щайгурелъул тIубараб моцIалъ мавлидал тIоритIулел рукIиналъ. Гьеб буго нилъеда умумузулго батараб гIадатги. Мавлидазда жаниб баян гьабула Бичасул аварагасул ﷺ гIумру.

 

Хирияб Къуръаналда буго: «Бичасул Расуласулъ нужее буго лъикIаб мисал, нахърилълъин Аллагьасдеги, гьесул Расуласдеги хьулги бугев, жинца Аллагьги гIемер рехсолев чиясе», - ян (сура «ал-АхIзаб», аят 21). Гьаб аяталъ цIакъ баянго бичIчIизабулеб буго кигIан кIудияб даражагун кIвар бугеб жо кколеб Бичасул аварагасул ﷺ гIумруялда нахърилълъинали. Гьелъие чара гьечIого къваригIуна Хириясул ﷺ гIумру лъазаби.

Жиндаса Аллагь разилъаяв ГIали-асхIабасул вас, Бичасул аварасул ﷺ ясалъул вас ХIусеница абулаан, нижеца лъазарулаанин Бичасул аварагасул ﷺ гъазаватал Къуръаналъул суратал лъазарулелго гIадин. Балагьеха,диналъул агьлу, кинаб кIвар гьез кьолеб букIун бугебали Бичасул аварагасул ﷺ гIумру лъазабиялде. Зугьрияс абулеб буго, хирияв Аварагасул ﷺ гъазаваталгун сариятал лъай дунял-ахираталъул гIелму кколин абун.

Салафу-свалихIуназ цIакъ кIудияб кIвар кьолеб букIана Аварагасул ﷺ гIумру лъималазда малъиялде. Къуръан малъулебго гIадин тIадчIей гьабулаан гьез гьелда. СагIду ибну Абивакъасил васасул вас ИслмагIилица бицун буго, жидер кIудияв инсуца нижеда МухIаммад ﷺ аварагасул гъазаватал лъазарулаанила ва абулаанила гьаб бугин нужер умумузул тарих, нужеца гьеб гIадада хвезабугеян.

Бичасул аварагасул ﷺ гIумру лъазабиялда жаниб гIорхъи гьечIебгIан гIемерал пайдаби руго. Хирияв Аварагасул ﷺ суннат цIунизе, гьесда нахъвилълъине ккани, чара гьечIого гьесул ﷺ тIубараб гIумру лъазе ккеларищ.

Гьелъие цо мисалги бачинин. Нилъер гIемерисел рукIуна гIумруялъул ва магIишаталъул захIмалъиялда бан зигардулел. Доба Европаялда яги Америкаялда гIумру лъикIаб, парахатаб ва рахIатаб рагIулин абун. ГIемерго букIуна разилъи гьечIолъи гIумруялда жанир дандчIвалел захIмалъабазул бицунги. ХIабаб бин Артин абурав асхIабас бицана: «КагIбаялъул рагIдукь, къаданиб халгIатги лъун, вегун вукIарав Бичасул аварагасде ﷺ нижеца гIарз бахъана (бугеб захIмалъийин абун). Нижецаги абуна, щай дуца кумек, дугIа гьабулареб абун. Цинги Аварагас ﷺ абуна, нужеда цере рукIарал умматазда рукIанин ракьги бухъун, гьенив жанивги лъун хъухъадироялъ тIаса гъоркье къотIулел ва кIибащадал гьарулел. Гьединго маххул гьоркьоялъ ракьаялде баккизабун расги тIомги ччукIулеллъун, амма гьедин гьабиялъ жидер диналдаса гьел нахъчIвалел рукIинчIо. Аллагьасул цIаралдалъун гьедула, чара гьечIого Аллагьас гьаб амруги (динги) тIубазабизе буго, СангIаалдаса (Еменалдаса) ХIазрамавталде рекIарав вачIине вуго Аллагьасукьа гурони хIинкъичIого, гIияхъ балагьун бацIги букIине буго, кинниги нуж гIедегIулел руго», - ян.

Гьаб хIадисгун къиса рагIарав чииясул хутIилищ жиндирго гIумруялдаса бугеб зигара. Гьалда жаниб бихьулеб гьечIищ кинаб захIмат баччун букIараб диналъе гIоло Бичасул аварагасги ﷺ гьесул асхIабзабазги. ХIатта цересел умматазул къисмат мисалалъеги бачун гъолеб гьечIищ асхIабзабазда яхI?

Бичасул аварагасул ﷺ гIумруялъулъ буго щивав чиясе мисал. Хирияв аварагас ﷺ гIумруялъул киналниги бутIабазда гIахьаллъи гьабуна. Гьев вукIана лъималазе эменлъун, руччабазе рослъун, халкъалъе цевехъанлъун, гъазаваталда бахIарчилъун, бодул цевехъанлъун, политикиял ишазда жанив лебалавлъун, мискинзабазде гIагаравлъун, лъикIалгун реццарал тIабигIатал чорхолъ рессаравлъун ва гIолохъабазе мисаллъун. Гьес хIалбихьичIеб рахъ гьаб гIумруялда жаниб цониги хутIичIо.

Гьединлъидалин Бичасул аварагасул ﷺ гIумру лъазабиялда жаниб щивав чиясе нахъвилълъине гIумруялъул мисал ва нух батулеб.

Балагьеха, диналъул агьлу, гьеб лъазабичIого тани гьесдаса янгъизав, чиякъав, хIакъирав, беццав, гIажизав, инжитав чи цоги вукIине рес бугищ?

Бичасул аварагасул ﷺ гIумру исламияб диналдаго гьечIел капурзабазцин лъазабулеб жо буго. Бусурбабаз гьелъул кIвар гьабичIого теялъе кинаб гIузру бачине рес бугеб? Гьадаб цебе бицанщинаб инжитлъи гурони гьединазе тIокIаб хайир щвеларо.

Аварагасул ﷺ гIумру нилъецагоги лъазабизе ккола, лъимал-хъизамаздаги малъизе ккола, гьелда нихърилълъун гIумру гьабизе хIаракат бахъизеги тIадаб буго щивав бусурбанчиясда.

 

ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


МухIаммад ва АхIмад цIаразул магIна

Аварагасул ﷻ цIараздасан ккола: МухIаммад абураб цIар. БетIергьанас гьесда гьеб цIар лъуна вижилалдего 2000 соналъ цебе. Гьавун хадуса гьесда МухIаммадан цIар лъуна гьесул кIудияв эмен ГIабдулмутIалибица. МухIаммад абураб цIаралъул магIнаги ккола «жив веццарав» абураб.   Дуца щай гьесда дур...


Хириясул ﷺ насаб

Щивав чиясда тIадаб буго хирияв аварагасул ﷺ инсул ва эбелалъул наслуялъул рахъалъан гьабураб насабалъул сияхI лъазе.   Аварагасул ﷺ инсул рахъалдасан насаб ГIабдуллагь. Аварагасул ﷺ эмен вукIана къурайшиязул мисал босизе бегьулев инсан. Гьев вукIана ГIабдулмутIалибил анцIабилеб лъимер....


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...