Аслияб гьумералде

Никъабалда сверухъ…

Никъабалда сверухъ…

Никъабалда сверухъ…

Ахирал къоязда никъабалда сверун буго халкъалъул хабар ва гьалдолел пикраби. Гьел киса раккарал жалха кколел? Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афандияс, терроризмалъул бицунеб цо данделъиялда абуна, никъаб ретIи руччабазе гьукъараб хIукму бахъиялда тIад хIалтIулел ругин муфтияталъул хIалтIухъабиян. Гьелдаго цадахъ баянги гьабуна хIижабалъул гурин бугеб суал, никъабалъул, ай гьумер бахчиялъул бугин абун.

 

Гьелдаса хадуб байбихьана гьелда сверухъ бахIсал. Кинила гьединаб жо букIине бегьулеб, ислам чIунтизаби гурищила гьеб кколеб? 

Гьаб суалалъул баян кьезе ккани лъазе ккола кIиго жо: никъаб шаргIалда кинаб даражаялда бугебали ва сундуе гIоло гьеб гьукъулеб бугебин абураб.

Никъабалъул хIукму баян гьабилин.

Исламалъ жидеда тIад гIуцIаралъун кколел ругел ункъабго мазгьабалъул жумгьураз, ай гIемерисез чIезабун буго гьумер гIавраталдасан кколарин абун.

Имам АбухIанифал мазгьабалда чIужугIадан чияр бихьинал ругеб бакIалда гьумер баккиялдаса гьукъула, гьеб гIаврат букIиналъ гуреб, питна ккеялдаса цIунун.

Имам Маликил мазгьабалда карагьатаблъун рикIкIунеб буго чIужугIаданалъ никъаб ретIин.

Имам ШафигIил мазгьабалъул гIалимзабазда гьоркьоб кколеб буго гIелмияб рикьи. Цояз абулеб буго тIадаб бугин абун. Цогидаз - суннатабилан, ай хилафул авла бугин абун. 

ШаргIалда гьединаб хIукму бугеб никъаб щайин гьукъулебин абураб суал баккулеб буго цо-цоязул. Гьеб гурони тIокIаб масъалагойищила гьечIеб, кигIанги бугила гьукъизе кколеб абун.

Дагъистаналъул муфтияталъул хIалтIуда жаниб гьабизе рес бугеб цониги рахъ рехун течIого, щибалда тIад гьабулеб буго кIудияб хIалтIи. Муфтияталъул иш буго халкъалъе гьелъул хIакъалъулъ бицин, вагIза-насихIат гьаби, кантIизари. Амма цо-цоязда гьеб рахъ къосун кколеб буго. Щайила муфтияталъ цо пуланаб иш биччан толебин кьола суал. Гьеб мекъи букIинарищ? ХIалгьабун цониги жо гьабизабизе лъилго ихтияр гьечIо. Гьелъие руго хасал хъулухъазул хIалтIухъаби. 

ГьабсагIаталда муфтияталъ никъаб ретIин тIубанго гьукъун бугин кколеб буго гIемерисезда. Гьеб пикру битIараб гьечIо. Никъаб гьукъун буго цо хасаб заманаялъ, гьелда хурхараб масъала тIаса инегIан.

Никъабалда сверун гьарулел рукIана гIемерал лъикIал гьечIел хIаял. Гьеб хIалтIизаби цIикIкIана къанун хвезабулез, террористаз, дагьал церегIан соназда жалго кьвагьизарурал хъачагъаз. ХIасил, иш ккана никъаб ретIун йигей гIаданалдаса гIадамазул хIинкъи, гьелдаса тIуризе ккелин абураб пикру ботIролъе бачIин. Никъабги бан, квешаб ниятгун йигей гIадан цониги камераялда ятIа яхъизе кIоларо. Гьелда абизе бегьула гьурмада чIорто бухьаниги лъаларин абун. БитIараб буго, гьурмада чIорто бухьиналъго кьола гьев чиясул гIадатияб гуреб иш гьабизе ният букIин. Амма никъаб бугони, гьеб рикIкIине рес буго динияб тIалаблъун, жиндехун щибго щаклъи баккулареб ратIлил формалъун. Гьеб иш хIисабалдеги босун, гьабизе рес буго бокьараб такъсирги, гьелъул жавабчилъиялдаса тIуризе ресги щвезехъин буго. Амма никъаб ретIун гьечIони, гьебгощинаб масъала кколеб гьечIо, шаргIалъул нухги къотIизе кколеб гьечIо.

Никъабалъул хIукмуялъул бицунеб буго, хасго диналдаса цIакъго рикIкIад ругез. Гьединазда дица абилаан, никъабалъул бицунел рукIинчIого, нужерго лъимал-хъизаназда шаргIияб ретIелгIаги ретIизабейин абун.

 

 

ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...


Мажгиталъул азбаралда – ярмарка

МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул майданалда тӀобитӀана риидалил лъай кьеялъул курсазул гӀахьалчагӀаз ва гьезул эбел-инсуца гӀуцӀараб лъималазул ярмарка. Ярмарка гӀуцӀаразул цоялъ бицана: «Лъималазе унго-унголъунги бокьула гьадинаб ахӀвал-хӀал. Нижер расги ракIги бухIичIо гьаниб...