Аслияб гьумералде

Подписка – 2023 соналъе

Подписка – 2023 соналъе

Подписка – 2023 соналъе

ХIурматиял бусурбаби. Гьале тIаде щвана бачIунеб соналъе подписка гьабулеб заман. Цо-цоязда ракIалде ккезе бегьула кидаго цIализе кколеб жойищин казият букIунебилан абун. Нилъер чорхол къуват кквезе, сахлъи цIунизе квен къваригIунеб гIадин, рухIияб рахъалъе чара гьечIого гIелмуги хIажалъула. Цо нухалда кванан нилъ тIубаларелго гIадин, цо нухалъ щвараб гIелмуги гIоларо.

Гьеб кидаго цIи ва цIикIкIинабизе рекъараб буго. Бичасул аварагас ﷺ абун буго: «Аллагьасде гIагар гьавулеб гIелму цIикIкIунареб къо диде тIаде бачIани, дие гьеб къоялъ баккараб бакъалда баракат лъечIо», - ян. Гьелъул магIна ккола гIелму цIикIкIинчIеб къоялда баракат лъечIин абураб. Халкъалъулго хирияв МухIаммад ﷺ аварагасцин гьедин тIалаб гьабулеб букIараб гIелму ва даража цIикIкIин нилъеца тохлъи гьабун тезе рекъоларо.

Балагье, бусурбаби, магIишаталда жаниб, нилъерго рукъалъул къайи-матахIалда, ратIлилъ ва цогидалги ишазулъ нилъеца къойидаса-къойиде лъикIалдаса лъикIаб тIалаб гьабула. Амма диналъул ахIкамзулъин абуни, бугезего бугеб дагьа-макъаб жоялда разилъун чIола. Рокъоб къайи хисичIев, мина къачIачIев чиясда гIабдал вугин абизе гIедегIулел нилъ, динияб гIелмуялъул мискинлъиялда тIадги рекъон рукIуна. Гьеб кIиябго дандеккуни, ахIмакълъи гIунтIизабизе нилъ цIикIкIун рекъарал рукIина.

Кутакалда тохго тараб бакI буго нилъер диналъул рахъ. Чанго анцIго соналъ цебе яги жеги гьитIинго лъазабураб жоялдаги къокълъун, парахат чIун рукIуна. Нилъеда лъазе ккеларищ гьабураб гурони гIамал батулареблъи, гьеб гьабизе жигар гьабизе кколеблъи, гьелъие лъай хIажат букIин. Гьеб кинабго буго цоцада хурхараб.

Гьеб киналъего кумек гьабулеб алатлъун ккола «Ас-салам» казият. МоцIида жаниб кIиго нухалда бачIунеб гьелъ нилъер гIелму цIигьабула. Лъалареб лъазабула, кIочараб ракIалде щвезабула, гIемераб жоялде, хасго гIибадаталде кантIизарула.

ЛъагIалие гьелъухъ кьолел гъурщалги гIемерлъун рихьун, гьебги хъвачIого рукIине муъминзабазе рекъараб гьечIо. Гьеб хъварабги гIоларо. Цо-цогIаги цIализеги ккола. Гьедин гурони гьелъул камилаб пайда бахунаро.

Аллагьас нилъее кьун руго гьеб хъвазе ва цIияб казият щвезабизе рокъоре рачIунел гIадамалги. Гьебги кIудияб нигIмат буго. Гьелъие гьабулеб шукруги ккола казият хъвай. РачIа, диналъул вацал, киназго цадахъ лъугьун хъвазин «Ас-салам»!

ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


КигIан лъикI букIинаан…

Гьале тIаде щолеб буго хирияв МухӀамад ﷺ аварагасул моцӀ ва жиндилъ гьев гьавураб моцӀ. КигӀан лъикӀаб букӀинаан нилъее гьеб моцӀ цогидал моцӀаздаса цӀикӀкӀун хӀаракат бахъани гьесул гӀумруялъул, биографиялъул лъазабуни. Гьединлъидал жакъа байбихье гьал мухъаздасан.   Аварагасул ﷺ берцинаб...


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...