Аслияб гьумералде

КIудияб мисал

КIудияб мисал

Аварагас ﷺ Макка бахъана рагъго гьабичIого. Аскаргун вачIунаго, Аварагасул ﷺ бетIер вараниялъул горбода хъвалеб букIанила гIемер гIодове къулиялъ. Гьедин гьабиялъе гIиллаги букIана Аварагасда ﷺ гьеб бергьенлъи ТIадегIанав Аллагьас ﷻ кьураблъи бичIчIулеб букIиналъ.

ГIемерал соназ къурайшияз Аварагасеги ﷺ гьесул асхIабзабазеги кIвараб квешлъи гьабуна. Макка бахъун хадуб Аварагас ﷺ, кагIбаялъул нуцIида аскIов вахъунги чIун, вагIза гьабуна. Цин Аллагьасе ﷻ рецц гьабуна, хадуб чи чIварав чиясе букIунеб хIукмуялъул бицана, цинги - чIухIи квешаб жо букIиналъул, умумуздалъун чIухIизе бегьунгутIиялъул, киналго цо Адамил лъимал рукIиналъул, Адамги ракьудаса вижарав вукIиналъул бицана, хадуб гьелда хурхун бачIараб хирияб Къуръаналъул аят цIалана, цинги абуна: «Я къурайшиязул къокъа, Маккаялъул агьлу, дица нужее щибжо гьабилилан нужеда ракIалде кколеб»? – ян. Гьез абуна: «Дуца нижее лъикIаб гьабула, мун нижер къадру-къимат бугев вацасул васги ккола», - ян. Аварагас ﷺ абуна: «Нуж дица тархъан гьаруна, нуж ине бегьула», - ян. Цоги хIадисалда буго Аварагас ﷺ абунин: «Дица нужеда абула Юсуф аварагас жиндирго вацазда абураб жо: «Нужеда жакъа дица гIайиб чIваларо. Нуж а, нуж дица тархъан гьаруна», - ян.

Гьеб къоялъ Аллагьасул Расуласул ﷺ бакIалда кигIан хIалимав хан вукIараваниги гьезие кьварараб тамихI гьабизе букIана. Щайин абуни, гIемерал соназ гьез гьабураб зарал цIакъго кIудияб букIун, амма хIилму цIакъав Аварагас ﷺ киналго тIаса лъугьун тана ва гьелдалъун тIолабго инсанияталда гьес берцинаб мисалги бихьизабуна.

Авараг ﷺ бищунго чIухIи гьечIев вукIана. Гьес абулаан: «Дун Аллагьасул лагъ вуго, лагъ гIадин гIодовги чIола, лагъ гIадин кваназеги кванала», - ян. Гьесда малаикас гьикъидал: «Мун хан-авараглъунищ витIизе бокьилеб дуе, лагъ-авараглъунищ?» - абун, гьес абуна: «Лагъ-авараглъун витIизе бокьила», - ян. Лагъас яги мискинчияс ахIараб бакIалдеги унаан гьев. Рукъалъул агьлуялъе рокъоб гьабулеб хIалтIулъ кумекги гьабулаан. АсхIабзабигун цадахъ гIахьаллъун ккараб хIалтIиги гьабулаан, гьез бачIараб сайгъатги къабул гьабулаан. Цо нухалъ гьесул гьайбатлъи бихьун, цо чи сородизе лъугьана. Аварагас ﷺ гьесда абуна: «Мун гIодове виччай, дун залимав хан гуро, дун вуго бакъвараб гьан кванан гIурай гIадатияй къурайшияй гIаданалъул вас», - абун. Гьес абулаан чIухIи гьечIев чи Аллагьас ﷻ тIадегIан гьавулин, чIухIи бугев чи Аллагьас ﷻ басра гьавулин абун. Кваналеб кванилъ, ретIулеб ратIлилъ рукъ-милкалъулъ гьес, гIадатияв асхIабас гьабулелдаса, тIадехун щибго гьабулароан. Гьесул чIухIи гьечIолъи бицун рагIалде бахъунаребгIан кIудияб букIана.

Аварагасе ﷺ цIакъ бокьулаан гIузру бачинеги гIадамазда тIаса лъугьинеги. Цо ягьудиялъ загьру жубараб гIиялъажоялъул гьан бачIана гьесие. Аллагьас ﷻ гьеб гьан гьесда кIалъазабуна жинда гъорлъе загьру жубан бугин абун. Гьей гIадан асхIабзабаз гьесухъе ячун ячIиндал, Аварагас ﷺ гьелда гьикъана щай дуца загьру жубан букIарабилан абун. Гьелъ абуна: «Дие дур хIал бихьизе бокьун букIана. Нагагь мун Авараг ватани, гьелъ дуе зарал гьабиларо ва амма гьерсал рицунев чи ватани, нижги дудаса эркенлъила», - ян. Аварагас ﷺ абуна: «Дуе Аллагьас дун чIвазе рес кьоларо», - ян ва гьейги йиччан тана.

Цо рагъулъ, асхIабзаби тохлъараб заманги балагьун, цояв гьесда аскIов вахъун чIана хвалченги борхун, гьанже мун лъица дидаса цIунилевиланги абун. Аварагас ﷺ абуна, Аллагьас цIунулин. Цинги гьесул кодоса хвалчен бортана, Аварагас ﷺ, гьеб хвалченги кодоб ккун абуна, гьанже мун жиндаса лъица цIунулевин. Гьес абуна, жинда тIаса лъугьаян жиндие гIакъубаги кьогеян. Аварагас ﷺ абуна шагьадат битIеян. Гьес абуна битIиларин, дуде дандеги вахъинарин, мунгун цадахъги чIеларин абун. Аварагас ﷺ гьевги виччан тана. Цинги жиндирго къавмалъухъе щведал, дос абуна: «Дун нужехъе гIадамазул бищун лъикIав чиясда аскIоса вачIана», - ян (Бухари).

МухIаммаднаби АхIмаев

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Аварагасул ﷺ кIиго къиса

Аварагас ﷺ рихьизаруна чанго мугIжизатал, авараглъиялъул хIакъикъат гIадамазда бичIчIизабиялъе. Гьелдаго цадахъ аварагасда ﷺ гIезегIан захIмалъаби рихьана халкъ диналде ахIулаго. МугIжизатазул бищун кIудиябги ккола Къуръан. Щайгурелъул, Аллагьасул ﷻ калам букIиналъ, лъиданиги жиб хисизабизеги...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Макьилъ "супергерой"     Макьилъ гIемер бихьула, кинабаздаго гIадин, кутакав бахIарчилъун вахъун. Цо-цо мехалъ ворчIула ва дир черх хисулеб бугин ккола: кверазде къуват бачIуна, бидурихьал понцIон лъугьуна. Гьелъие щиб сабаб бугебали лъаларо. Щиб дица гьабизе кколеб?   ГIали,...


Аварагасухъ ﷺ гIашикъав

Увайсул Къарани ккола табигӀиназул цояв. Цо-цояз абула гьев гьезда гьоркьоса бищун тIадегIанав вукIаниланги. ГӀемерисел гӀалимзабаз гьев хириявлъун рикӀкӀуна ХӀасанул Басридасаги, ГӀумар бин ГӀабдулгӀазизидасаги, ГIа-тIаъ бин РабахӀидасаги, СагӀид бин Мусайибидасаги.   Увайсул Къарани...


Аллагьасул ﷻ баракатаб сайигъат

ТӀадегӀанав Аллагьас инсанияталъе гӀемерал пайдаял пихъал рижун руго, гьезда гьоркьоб хасаб бакӀ ккола цӀибилалъ. Гьеб пихъ некӀсияб заманалдаса нахъе гӀадамазда лъалеб букӀана ва чанго нухалъ рехсон букӀана Хирияб Къуръаналда Аллагьас жиндирго лагъзадерие кьурал кӀудиял нигӀматазул...


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...