Аслияб гьумералде

Инсанасул къаркъалаялъул гIажаибал рахъал

Инсанасул къаркъалаялъул гIажаибал рахъал

Инсанасул къаркъалаялъул гIажаибал рахъал

Инсанасул къаркъала буго цIакъ захIматаб, цоцалъ бессараб, киналниги тохтурзаби, гIалимзаби гIажиз гьарураб къагIидаялда гIуцIараб. Гьале чанго нус-нус сонал руго гьелда хадуб хъаравуллъи ккун, гIалимзабазгун тохтурзабаз цIех-рех гьабулеб бугелдаса, кинниги щибаб лагаялъ хIайран гьаричIого толел гьечIо.

 

ГIадалнах буго кутакалда захIматаб ва бищунго дагьаб къадар гурони жиндир хIакъалъулъ баян гьечIеб. Гъоркьехун рехсела гIадалнахалда гъорлъ ругел гIажаибал рахъал:

– Нервабазул импульсал хьвадула 270 километр манзил сагIаталъеги тун.

– ГIадалнах хIалтIизе ккани хIажалъула 10 Ваталъул чирахъалъе къваригIунебгIанасеб энергия.

– Инсанасул гIадалнахалъул цо клеткаялда жаниб цIунизе рес буго бокьараб энциклопедиялъ цIунулелдаса щуго нухалъ цIикIкIараб информация.

– Инсанасул чорхолъе бачIунеб кислородалъул 20 % хIалтIизабула гIадалнахалъ.

– Къаси заманалда гIадалнах цIикIкIун чIаголъи бугеб букIуна къад мехалде дандеккун.

– Инсанасул IQялъул даража кигIан цIикIкIун бугебгIан гьесда гIемер рихьула макьаби.

– Инсанасул нейронал гIолел рукIуна тIубараб гIумруялъго.

– ГIадалнахалде информация уна батIи-батIиял нейроназдасан, батIи-батIияб хехлъиялда.

– ГIадалнахалда унти лъаларо ва хъатIуларо.

– 80 процент гIадалнах лъедаса гIуцIараб буго.

 

Малъалгун расазул хIикматал

– Гьурмада ругел ругел расал хехго гIола, цоги бакIазда ругелдаса.

– Щибаб къойил инсанасул бортула 60-ялдаса бахъараб 100-ялде щвезегIан рас.

– ЧIужугIаданалъул расалъул биццалъи кIиго нухалъ дагьаб буго бихьинчиясулалдаса.

– Инсанасул расалда баччизе кIола 100 граммгIанасеб бакIлъи.

– Бакьулъкилищалда бугеб малъ хехго гIола цогидаздасаги.

– Инсанасул цо квадратияб сантиметралда бугеб къадар расалъул букIуна шимпанзеялъулгогIадаб.

– КанчIаб рас бугел гIадамазул гьеб цIикIкIун гIола цогидазулалдаса.

– Кверазда ругел малъал 3-4 нухалъ хехго гIола хIатIазулалдаса.

– Инсанасул расазул гьоркьохъеб гIумру буго 3-7 сон.

 

(Хадусеб букIине буго)

 

ХIамид МухIаммадов

 

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Мажгиталъул азбаралда – ярмарка

МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул майданалда тӀобитӀана риидалил лъай кьеялъул курсазул гӀахьалчагӀаз ва гьезул эбел-инсуца гӀуцӀараб лъималазул ярмарка. Ярмарка гӀуцӀаразул цоялъ бицана: «Лъималазе унго-унголъунги бокьула гьадинаб ахӀвал-хӀал. Нижер расги ракIги бухIичIо гьаниб...


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...


Риидалил курсал ва торгIо хIай

1 августалда Шамил районалъул ХӀотода росулъ тӀобитӀана риидалил курсазде хьвадулел лъималазда гьоркьоб мини-футболалъул рахъалъ турнир. Къецазда гӀахьаллъана 13 соналде щвезегӀан ригьалъул лъималазул командаби. Турниралъул хӀаси-лалда тIоцебесеб бакI ккуна ТӀидиб росдал командаялъ, кIиабилеб бакӀ...


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...