Аслияб гьумералде

Лъимал – Аллагьасул аманат

Лъимал – Аллагьасул аманат

ХIурматиял бусурбаби, гьале тIаде щвана лъимал цIализе шагьаразде ритIулеб заман. ИчIго класс лъугIизегIан ясбергIадин цIунун гIезарула нилъеца лъимал. Сундаго барахщичIого, нилъеего камизабунги ретIа-къала, унтани - сах гьарула, сундалъунго рази гьарун, кIудиял гIезарун, цIализе шагьаразде ритIула.

 

Гьедин кIвар кьурал лъимал, шагьаразде щведал, гудракьа борчIараб чанил гIадаб яшав гьабизе лъугьуна. АскIор чагIи гьечIел, хадуб хъаравуллъи кквей тIаса арал гIолилаз гьарула щибго гIакълу гьечIел пишаби, хIарамалщинал ишал.

ХIурматиял умумул, шаргIалъ нилъеда тIад гьабун буго битIараб нухде мухIканго ккезегIан лъималазда хадуб хъаравуллъи кквейгун тарбия гьаби. Лъимер балугълъиялде баханин абун умумуздаса жавабчилъи тIаса унаро. Унго-унгоги гьел лъимал рорчIизегIан, гIакълу щвезегIан хадур чIезе ккола. ХIатта рукъалде руссанин абунги гIодоре риччан рукIине бегьуларо. Кидаго насихIат гьабулеллъун, битIараб нух гьезда малъулеллъун рукIине рекъола.

Амма гIемерисеб халкъалъухъ балагьараб мехалда халлъулеб буго гьадинаб къагIида: лъимал гIунин, гьанже жалго гьел ругин жавабиял абураб кинниги, бербалагьи гьаби тасамахIго толеб буго. Пикру гьабе гьадинаб жоялъул. Эбел-инсул бербалагьиялда гъоркь вукIарав вас яги яс, шагьаралдеги рачIун жидерго гIумру байбихьараб заманалда гьезие рагьула киналго нухал - лъикIалги квешалги. ДандчIвала батIи-батIиял гIадамал. Киназулго гуро пикру букIунеб гьезие лъикIлъи гьаби. Гьезда гьоркьор гIемер рукIине бегьула хIилла-рекIкIалъе ургъулелги. Гьединаб ишалде гьоркьоре ккезе бегьула хасго ясал.

Бищунго мухIканаб букIина эбел-инсул цоялниги гьезда аскIоре шагьаралде рахъани гьел цIалулелгIан заманаялъ. КIиялго цадахъ ругони, дагьабги мухIканаб букIина. Гьедин гьабизе ккела хасго рикIкIадаб шагьаралде унел ругони. 9 класс лъугIараб, сонисеб лъимер ккезе рес буго бокьараб хIилла-рекIкIалде гьоркьобе.

Лъимал руго нилъер наслу, Аллагьас кьураб аманат. Гьеб тIобитIизе ккола мухIканго. Росу бахун къватIибе битIизегIан цебе лъимер мажгит-мадрасалдеги хьвадизабуни, шагьаралде индал цадахъ ун миллатги гьабуни, берцинго рукъалде буссинабун, жиндиего бетIербахъиялъе хIалтIудеги куцани, эбел-эмен гьеб лъимадаса бохун гурони пашманлъиларо.

Амма школалда цIалулебгIан заманалда мадрасалдеги ритIичIони, росу бахун индал милатги гьабичIони, лъимал наркоманал, цIогьал ва хIажат гьечIел гIадамаллъун рахъани гIайиб жидедаго гурони букIунаро. Бичасул аварагас абун буго, вараниги бухьун тIамейин Аллагьасде таваккал. Гьебго жо буго лъималазул хIакъалъулъги.

Цоги, кутакалда балагьизе кколеб, хадур чIезе кколеб жо буго лъимал лъилгун гьудуллъиялда ругелали. Кутакалда хIаракат бахъизе ккола щаклъи бугел рукIаниги, тIаде балагьунго лъикIал гьечIел гьалмагъзабаздаса ратIа гьаризе. Гьеб гьудуллъиялъул хIакъалъулъ гIемерал хIадисал рачIун руго. «Чи вукIуна жиндир гьудуласул диналда», - ян абун буго Бичасул аварагас ﷺ. ХIасил гьабун абуни, бокьарав чиясул гIумруялъул къисмат бараб буго жинда аскIор ругел гIадамазда. Вореха, гьаб рахъ кIвар гьабичIого тоге. Как баларел, наркотик хIалтIизабулел, цIогьодулел лъималазулгун гьалмагълъи гьабулеб бугони, нилъералги гьединалго лъугьуна. Как-кIал толарел, мажгит-мадрасалде хьвадулел, адаб-хъатир бугелгун ругони, гьездаго релълъуна.

Гьаниб абичIого гIоларо цоги гьадинаб кантIизариги. Кинаб шагьаралда цIалулел ратаниги, жидерго цIали лъугIидал мажгиталде цо дарс босизе хьвадизаруни гьел рукIина кинабниги квешлъиялдаса цIунараллъун. Гьединал лъималазе санагIаталъе шагьаразда гIуцIун руго къасисел курсалги.

Умумузул аби батана, бетIер бекилалде бухьине кколин абураб. Гьаб макъалаялда рехсарал ишазда тIадчIей гьаби ккола бекилалдего бетIер бухьинлъун. Аллагьас кумек гьабеги нилъер гIун бачIунеб гIел битIараб нухде тIамизе. Амин я Аллагь!

 

ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


Бакъ: гьудулищ, тушманищ?

Хъизамалъул, рукъалъул ургъалабазул цӀураб заманалда руччабазда кӀочон тола жидерго тIалаб-агъаз гьабизе. Нилъер берцинлъиги сахлъиги ккола ТӀадегӀанав Аллагьасул сайгъат ва гьел цӀунизеги ккола.   Нилъер гӀумруялда жаниб кӀудияб бакӀ ккола бакъул нуралъ. Гьелъ кумек гьабула черхалъе, лугбал...


Муфтиясухъ гьоболлъухъ

Дагъистан Республикаялъул муфтияталда, муфти, шайих АхӀмад-афандияс къабул гьабуна Пачалихъияб Думаялъул регионалияб политикаялъул ва бакӀалъулаб нухмалъиялъул комитеталъул делегация. Гьеб делегация республикаялде бачӀун букIана бакӀалъулаб нухмалъиялъул къанунал гӀумруялде рахъинариялъул...


Риидалил курсал байбихьана

ХIурматиял бусурбаби. Гьале исанаги байбихьана нилъер гьитIичазе Дагъистаналъул киналго мажгитазда риидалил курсал. Дицаго рикIкIуна лъималазул эбел-инсуе гьеб кIудияб талихIлъун. Балагьеха гьанже, щивав эбел-эмен жиде-жидер лъимергун рокъор хIалтIизе ккун рукIаралани кигIан захIмат...


Лъимал цIуниялъул къоялде

Халкъазда гьоркьосеб лъималазул къо кӀодо гьабун, Каспийск шагьаралда тӀобитӀана «ЦӀуниялда бугеб лъимерлъиялъул канлъи» абураб рахӀмуялъул хъизаналъулаб рекӀин. Гьеб кӀудияб ва унго-унголъунги ракӀ хинлъизабулеб тадбиралда гӀахьаллъана I500-ялдаса цӀикӀкӀун чи — лъимал ва гьезул эбел-эмен. Байрам...


Аллагь ﷻ рехсей

Аллагь ﷻ гIемер рехсеялда хурхун рачIарал цо-цо хIадисазул магIнаби.   Аллагьас ﷻ абулеб буго, лагъас Дун рехсани, Дица гьевги рехсезе вугин. Цояс гьикъана Аварагасда ﷺ, кидаго гьабизе лъикIаб гIамал бицейилан. Аварагас ﷺ абуна Аллагь ﷻ рехсолаго мацI бакъвазе биччангутIи бугилан...