Аслияб гьумералде

Ана цоги лъагIел …

Ана цоги лъагIел …

ХIурматиял бусурбаби, гьале ана цоги лъагIел. Гьижрияб тарихалъул 1447 соналъулгун къо-мехги лъикI гьабун, дандчIвай гьабуна 1448 соналда. ЛъагIел ккола гIумруялъул саламатаб бутIа. Гьелда жаниб ккезе рес буго гIемерал лъугьа-бахъинал. Цо лъагIида жаниб цIияб дунялалде рачIуна гIемерал гIадамал, гьединго, дунялги тун ахираталдеги уна.

 

ЦIияб сон тIаде бачIин буго араб гIумруялъул хIисаб гьабизе бугеб лъикIаб сабабги. Кинал гъалатIалдай, кинал мунагьазде гъорлъедай ккарал абун пикру гьабизе рекъараб буго. Цо-цояз абула исламалда цIияб сон тIобитIуларин, гьелъул биценго гьабизе кколарин абун. ЦIияб соналда хурхун гьарулел тадбирал батIи-батIиял рукIуна. ТIубараб сон гIумруялъул ин рохел бугеб жо кколеб гьечIониги, гьелда жаниб гIибадат-гIамал гьабизе щвеялъухъ шукру гьабун рохел гьаби гьукъараб жо гурелъул. Киналго гIамалал рарал руго ниятазда. ЛъикIаб гуреб нияталда гьабураб гIамал цониги беццараб гьечIо. Гьединго капурзабазда релълъенлъи гьабун тIобитIарабги лъикIаб иш кколаро. Амма шаргIалда жиндие аслу бугеб нухдаса кьуричIого гьабулеб гIамалалда гIайибчIвайги рекъараб букIунаро.

Гьижрияб тарихалъул цоги тIамач бегараб заманалда рекъараб букIина Бичасул аварагасул гьижраялъул тарихгун гьелъие ккарал сабабал ракIалде щвезаруни. Балагьеха, бусурбаби, халкъалъулго хирияв МухIаммад ﷺ аварагас жив гьавураб ва гIураб ватIан тун гьижра гьабуна жакъа нилъехъе ислам бацIцIадго щвезабиялъул мурадалда. Гьеб мина-къайи хадубги тIадбуссинчIо аварагасул ﷺ мулкалде. РачIаха хIисаб гьабизин нилъерго яшавалъул. Исламалъе гIоло чанго рукъ бугев чиясда цояб кьейин абуни, чан чиясул разилъи щвелеб жакъа? Разилъаниги ракI парахатго букIинищ? Амма Бичасул аварагас ﷺ гьелъул щибго милат гьабичIо. Къурайшиязул мушрикунал гьев чIваялъул къасдалда кигIан хадур лъугьаниги, ислам цIунун гьабулеб гьижраялдаса инкар гьабичIо. Жакъа къоялъ лъикIаб хIалтIуда, бигьаяб магIишаталда хадур лъугьун гьижра бокьараб бакIалде гьабизе хIадурал руго нилъ. Амма исламалъе гIоло цо къоялъул манзилалъ ине ккани, нусго багьана батула.

Гьалдалъун бичIчIизе къва-ригIараб жо буго нилъерго иманалъул загIиплъи, пикруялъул манзил къокъаб букIин, напсалъул кверщаликьа рорчIизе кIолеб гьечIолъи.

Гьижраялъул тарих лъазабиялъ кIудияб бакI ккола инсанасул гIумруялдагун диналда жаниб. Гьенир руго рикIкIун хIал кIоларелгIан гIемерал дарсал. Гьелъул тIубараб тарих гьаб гьитIинаб макъалаялда бицунги бажариларо.

Аслияб къагIидаялда нилъер пикру буссине кколеб бакI буго, цере арал мунагьазул хIисабги гьабун, гьездаса тавбу гьабиялде. Гьединго араб соналъ гьабулеб букIаралдаса бачIунеб лъагIелалъ гIибадат цIикIкIинабизе щулияб къасд гьаби.

Аллагьас кумек гьабеги киназего гьаб сон Аллагь разияб хIалалда тIобитIизе. Амин!

 

ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Аварагасул ﷺ кIиго къиса

Аварагас ﷺ рихьизаруна чанго мугIжизатал, авараглъиялъул хIакъикъат гIадамазда бичIчIизабиялъе. Гьелдаго цадахъ аварагасда ﷺ гIезегIан захIмалъаби рихьана халкъ диналде ахIулаго. МугIжизатазул бищун кIудиябги ккола Къуръан. Щайгурелъул, Аллагьасул ﷻ калам букIиналъ, лъиданиги жиб хисизабизеги...


Аллагьасул ﷻ баракатаб сайигъат

ТӀадегӀанав Аллагьас инсанияталъе гӀемерал пайдаял пихъал рижун руго, гьезда гьоркьоб хасаб бакӀ ккола цӀибилалъ. Гьеб пихъ некӀсияб заманалдаса нахъе гӀадамазда лъалеб букӀана ва чанго нухалъ рехсон букӀана Хирияб Къуръаналда Аллагьас жиндирго лагъзадерие кьурал кӀудиял нигӀматазул...


Риидалил курсал ва торгIо хIай

1 августалда Шамил районалъул ХӀотода росулъ тӀобитӀана риидалил курсазде хьвадулел лъималазда гьоркьоб мини-футболалъул рахъалъ турнир. Къецазда гӀахьаллъана 13 соналде щвезегӀан ригьалъул лъималазул командаби. Турниралъул хӀаси-лалда тIоцебесеб бакI ккуна ТӀидиб росдал командаялъ, кIиабилеб бакӀ...


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...


ХIакъаб жоялдаса инкар гьаби

Къуръаналдагун Аварагасул ﷺ хIадисазда рехсарал бищунго хIинкъи бугел рекIел гIунгутIабазда гъорлъ буго чIухIи ва гIамалкIодолъи. Нилъер диналда гьеб кIиябго мунагь рикIкIуна гIемерал цогидал мунагьазул кьибиллъун ва инсан Аллагьасда ﷻ цеве рихаравлъун лъугьинавулеб шартIлъун. Гьеб гIицIго...