Аслияб гьумералде

Бищун лъикIаб насихIат – жиндирго гIамал

Бищун лъикIаб насихIат – жиндирго гIамал

Бищун лъикIаб насихIат – жиндирго гIамал

ХIурматиял бусурбаби, магIарулал! Ахираб заманалда Дагъистаналда гIадамаз кIвар буссинабулеб жолъун лъугьун буго руччабазул ретIа-къай. Гьебги ккана Дагъистаналде рачIунел туристазул къадар гIемерлъараб мехалда. Лъиего балъгояб жо гуро насраниял рукIа, цогидаб диналда ругел рукIа, яги динго гьечIел гIадамал рукIа, гьединазда исламияб ретIа-къаялъул хIакъалъулъ щибго жо лъалареблъи.  Доба-гъобаса рагIун батаниги, гьелъул магIнаги, берцинлъигун пайдаги бичIчIуларо гьезда. Гьединлъидал, Дагъистаналде рачIунел гIемерисел туристазул пикруго букIунаро жидерго гIадатияб къагIида ратIлилъ хисизабизе кколин абураб.

 

Гьелда тIасан гIемер жо бицунеб буго социалиял гьиназдаги. Цояз абула нужее гьеб щайин, цогидаз абула гьукъизе кколин абун. Гьайгьай, щивав чиясул жинди-жиндир пикру букIуна гьелда тIасан. ГьабсагIат нилъее хIажатаб масъала буго гьеб суалалда бан щиб исламияб диналъ абулеб бугебали лъазаби. РачIаха балагьизин.

ХIижаб абураб рагIул магIна ккола, гIараб мацIалдаса буссинабуни, яхчи, пардав гьаби абураб. Гьебги буго чIужугIаданалъ жиндир чорхол гьанал тIом чияр бихьиназдаса ва руччабаздаса бахчи абураб. Гьедин бахчизе кколеб бакIги, кIиябго квергун гьумер хутIизегIан, тIубараб къаркъала ккола. Гьеб рехсаралдасан цо кинаб бугониги бутIа чияр бихьиназда бихьуледухъ къватIибе загьирлъун бугони, мунагьги букIуна. Гьеб нилъер гIемерисезда лъалеб жоги буго.

Гьаб цебе бицараб тIубазабуларездехун кинаб къагIидаялдаха насихIат гьабизе кколеб? Цогидазе насихIат гьабизе лъугьаразде гIадамаз абула дуе гьеб щайин, дурго жавабги кьун вукIайин, цин духъго балагьейин, мунго витIизавейин, дир жаваб дицаго кьелин, дун гIурай гIадан йигин ва цогидабги.

Исламалъул тIалаблъун ккола, кинаб бугониги мекъаб жо гьабулев чи вихьидал, гьесие насихIат гьаби, лъикIаб нухде гьев кантIизави. Амма гьабулеб къагIида букIине ккола хIеренаб, гIадамазда цеве нечезавун, бадибчIвай гьабун гуреб нухги хIалтIизабун. Гьеб киналдаго цадахъ букIине ккола, бищунго аслияб - ихлас, ай ракI бацIцIалъи. Гьабулеб насихIаталда жаниб кинаб бугониги жиндирго напсияб мурад бугони, гьебги рияалде ккезе рес буго.

Щибго жого абичIого тани, гьабулеб мунагьалда тIадрекъеялъул магIнаялде бачIуна. Гьединлъидал, насихIат гьабичIого тезе бегьуларо, гьабулеб къагIида берцинаб тIаса бищизе ккола. ШурутIал цIунун гьабураб насихIаталъул пайдаги цIикIкIараб букIуна ва хIасилги лъикIаб ккола. 

Туристазе яги исламалдаса рикIкIадазе насихIатин абуни жеги цIодорго гьабизе ккола. Пикру гьабизе ва хIисабалде босизе ккола гьезул гIамал-хасият, гьезул бичIчIи буголъи ва цогидабги.

Гьаб бакIалда рехсей гьабизе бокьараб цоги рахъги буго. Масала, цо чияс цогидасе гьабула насихIат. Гьелъул хIасилалда гьезда гьоркьоб ккола дагIба-рагIи. Гьеб бакIалда гьоркьор ругел гIадамаз мекъаб иш гьабулев вукIарасул рахъккун кIалъай цIакъ рекъечIеб иш буго. КигIан кIудияб гъалатI насихIат гьабулес биччан батаниги, гьеб мекъаб иш гьабулев вукIарасул рахъккун кIалъай исламалъ къабул гьабуларо.

Балагье, лъицаниги щибго кантIизари ва насихIат лъиего гьабулеб букIинчIебани, халкъалъул низам биххилаан, гIадлу хун, гIадамазул нухдаса тарилаан.

Аллагьас ﷻ кумек гьабеги насихIат гьабизеги гьеб къабул гьабизеги.

 

ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...


МухIаммад ва АхIмад цIаразул магIна

Аварагасул ﷻ цIараздасан ккола: МухIаммад абураб цIар. БетIергьанас гьесда гьеб цIар лъуна вижилалдего 2000 соналъ цебе. Гьавун хадуса гьесда МухIаммадан цIар лъуна гьесул кIудияв эмен ГIабдулмутIалибица. МухIаммад абураб цIаралъул магIнаги ккола «жив веццарав» абураб.   Дуца щай гьесда дур...


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...


Какда хадуб зикру ва дугIа

ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъиялъе бищун кIудиял нухазул цояб ккола зикру - Аллагь рехсей. Гьелъ муъминчиясул ракI чIаго гьабула, такъва щула гьабула, БетIергьанасулгун бухьен цIунизе кумек гьабула. Аллагьасул Аварагас ﷺ бусурбабазда малъана зикруялъул батIи-батIиял формаби ва бихьизабуна Аллагь...


ХIакъаб жоялдаса инкар гьаби

Къуръаналдагун Аварагасул ﷺ хIадисазда рехсарал бищунго хIинкъи бугел рекIел гIунгутIабазда гъорлъ буго чIухIи ва гIамалкIодолъи. Нилъер диналда гьеб кIиябго мунагь рикIкIуна гIемерал цогидал мунагьазул кьибиллъун ва инсан Аллагьасда ﷻ цеве рихаравлъун лъугьинавулеб шартIлъун. Гьеб гIицIго...