Аслияб гьумералде

РацIцIалъи ва нахъеги рацIцIалъи…

РацIцIалъи ва нахъеги рацIцIалъи…

РацIцIалъи ва нахъеги рацIцIалъи…

ХIурматиял диналъул вацал ва яцал! Халкъалда гьоркьоб унтараблъун бугеб масъала къватIибе бахъичIого гIолеб гьечIо. Гьединал суалал гьанир рорхиялдаса мурадги буго цониги чиясда хIакъикъат бичIчIиялде бугеб хьул. Гьаб нухалда борхулеб масъалаги ккола рацIцIалъи цIуниялда сверухъ бугеб хIал бихьизаби.

Лъиего балъгояб жо гуро рацIцIалъи цIуни исламалъулгун медицинаялъул тIалаб букIин. Киназдаго лъала умумуз, газа-белалъул кумекалдалъун, канал (КОР) бахъараблъи. Сулахъ гIоралдаса Каспийскиялде щвезегIан буго гьелъул халалъи. Амма камулел гьечIо гьенибе чороклъи балелги. Хасго канализация ккезабулеб буго гьелда жанибе. Гьеб иш ритIухъаблъун гьабизе рес гьечIо я диналъ, яги салимаб пикруялъ. ГIадамаз лъим гьекъеялъе пайда босулеб бакIалде чороклъи тIей ккола гIорхъолъа араб вахIшилъи. Гьелдаса бичIчIула жиндиего санагIалъи бугони, цогидал гIадамал хваниги ургъел гьечIин абураб жо. Гьеб иш гьабулел гIадамалги руго бусурбаби.

Гьайгьай, цо-цояз гIилла бачуна жидер мухъалда канализациялъул гIадлу-тадбир гIуцIун гьечIин хIукуматалъ, гьединлъидал чаракъотIиялъ гьабулеб бугин абун. Гьеб жо багьана гуро инсанияталъего зарал гьабизе ихтияр щвезе ккани.

Балагье цоги гьадинаб жоялде. Каналалъубе чороклъи биччаялдалъун гIемерал гIадамазе зарал ккезехъин буго. Ахираталда вацIцIад вукIине ккани, гьел киназулго хIалаллъи хIажалъиларищ? Киса гьел гIадамал ралагьилел? ГIадамасда хурхараб хIакъалдаса тавбу гьабиялъе шартI - гьев чи тIаса лъугьинави, гьесие ккараб зарал бецIи, яги хIалаллъи боси буго. Гьеб шартI камуни, тавбу къабул гьабуларо. Тавбу гьабичIев чиясе хIадурараб гIазабги буго.

ХIурматияб диналъул агьлу

Гьаб масъала буго кутакалда кIвар гьабизе ккараб. Нужецаго гьабулеб батичIониги, гIага-божараз гьабулеб бугелъул, гьезда гьеб иш рехун тезабиялда тIад хIалтIизе ккола нилъ. Чорокаб лъеда цадахъ чорхое кколеб заралги, гьелдалъун тIаде рачIунел унтабиги лъаларев чи нилъеда гьоркьов ватиларо. РачIа, киналго цадахъ лъугьун, гьаб масъалаялда тIад хIалтIизе.

Нилъер дин буго рацIцIалъиялъул дин. Гьелъул хIакъалъулъ рачIарал аяталгун хIадисал рехселин.

ТIоцебе Аварагасде ﷺ рещтIарал аятаздасан ккола: «Я, гьав жиндир ратIлилъ вахчун чIарав. Мун тIаде вахъа ва дуца гIадамазе хIинкъи кье (Аллагьасукьа хIинкъаян ва иман лъечIел, мунагьал гьарулел гIадамазе гIазаб букIине бугин абун). Дуца дур бетIергьан Аллагьги кIодо гьаве. Дуца дурго ретIелги бацIцIад гьабе». Гьал ккола тIоцебе вахIюги рещтIун, хIинкъун нилъер Авараг ﷺ ХIираъ нохъодасаги вачIун, Хадижатил рокъов, тIад жоги бан вукIараб мехалъ рещтIарал аятал.

Халгьабе бусурбаби, БетIергьанас ﷻ нилъер Аварагасде ﷺ тIоцебе амру гьабурал жалаздасан кколеб буго «Дуца дурго ретIел бацIцIад гьабе», - ян абурал рагIаби. Гьелдалъун бичIчIула диналъ рацIцIалъиялде кьолеб бугеб кIвар.

Нилъеда лъала как Алжаналъул кIул букIин. Щайин абуни, гьеб ккола къиямасеб къоялъ тIоцебе жиндаса гьикъизе бугеб гIамал. Жиб битIун ккани - цогидаб хIисаб-суалги битIун кколеб, мекъи ккани - цогидабги захIмалъулеб. Гьелъие шартIлъунги ккола какие чури, ай рацIцIалъи гьаби. РацIцIалъи гьечIони как бегьулеб гьечIо, как бегьичIони хIисаб-суал мекъи ккеялда кIудияб хIинкъи буго.

«РацIцIалъи – диналдаса буго»

РацIцIалъи цIуни буго тIубараб гIумруялъ ва хун хадубги гьабизе кколеб гIамал. ХIатта шаргIалъ хварав чи чурицин тIадаб нухлъун бихьизабун буго. Нужеца халгьабунищ, хварасдаса жаназаялъул как баларо гьев чурун хадуб гурони. Щайгурелъул, жаназаялъул как балаго гьев вукIуна гIадамазда аскIов. Гьединлъидал гIадамазда гьесдаса квешаб махI чIвачIого букIине бихьизабун буго как балелде цебе гьев чури ва берцинаб махI гьаби.

Хирияв Аварагасул ﷺ суннаталдаги бихьизабун буго киса-кибего рацIцIалъи цIуни: малъал къунцIи, михъ-мегеж къачIай ва цогидабги. Хирияс ﷺ хIадисалда абун буго: «Бусурбанчиясда тIадаб хIакълъун ккола рузман къоялъ черх чури», - ян. Гьединго гIадамал данделъулеб бакIалде унагоги суннатаблъун бихьизабун буго гьеб.

ХIадисалда буго: «РацIцIалъи – диналдаса буго», - ян. Амма нилъго къачIан рукIиналда рацIцIалъи къокълъун чIоларо.

Исламалъ тIадчIей гьабулеб рацIцIалъи, нилъерго гуреб цогидазулги хвезабулеб бугони, кигIанасеб тамихIалъе ва бадибчIваялъе нилъ мустахIикълъиларел. Абадияб ахират, дунялалъул дагьаб заманалъул рахIаталъе гIоло хвезаби, гIакъиласул иш гуро. Аллагьас ﷻ лъикIалде кантIизареги.

ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-04-15 (Зул къагIида 1447 с.) №8.


Муфтияталъе баркала кьуна

Хасавюрт районалъул бетIерасул ишал тIуралев Багьавудин Мамаевгун дандчIвана «Инсан» фондалъул генералияв директор МухIаммад Мусаев, муфтиясул заместитель Насрула Абубакаров, рехсараб районалъулгун шагьаралъул волонтеразул централъул нухмалъулев Адам Нажмудинов. Гьез бицана тIабигIияб...


ХIурматиял лъимал!

Нужецаго рахъарал суратал, кучIдул ва цогидал жал гьаб номералде +7 988 458 16 63 ритIизе бегьула!         ГIабдулатIипова Хадижат, 7 сон, Кокрек росу. ГIабдулвахIидов МухаммадгIали, 10 сон, Краснооктябрьский росу. ГIабдулвахIидов Наби, 7 сон, Гъизляр...


КIиябго рокъоб талихI щвела

Нилъер диналда ригьин гьаби буго гIадат гуребги, цIияб гIумруялде гали тIамулеб, гъваридаб рухIияб магIна жиндилъ бугеб динияб къотIи-къай.   ТIадегIанав Аллагьас ﷻ хирияб Къуръаналда абулеб буго (магIна): «ТIадегIанав Аллагьасул ﷻ хIалкIолъиялде тIоритIел гьабулел гIаламатаздасан буго гьес нужее...


Баркалаялъулаб кагъат

№23626 рагъулаб часталъул командованиялъ ДРялъул муфтияталъул пресс-хъулухъалъул цIаралда битIун бачIана Баркалаялъулаб кагъат. Рагъулал хъулухъчагIаз муфтияталъул пресс-хъулухъалъе баркала загьир гьабулеб буго рагъухъабазе гьабулеб квербакъиялъухъ, информациялъулаб кверчIваялъухъ ва рагъухъабазул...


Бахиллъиялъул зарал

БетIергьан Аллагьас щивав чи вижула гIицIавлъун. Гьединго гьесулъ букIунаро щибго къуват, кинабгIаги магIишаталъул бетIергьанлъунги вахъун вачIунаро гьев дунялалде. Гьедин дунялалде лъугьарав чиясе Аллагьас кьола рикIкIун хIалкIоларелгIан гIемерал нигIматал. ТIад ретIине ретIелги, чорхое къуватги,...