Аслияб гьумералде

РацIцIалъиялъул моцI

РацIцIалъиялъул моцI

ХIурматиял «Ас-салам» казият цIалулел. Гьале тIаде щолеб буго хирияб рамазан моцI. Гьеб буго кIудияб рохел тIолалго бусурбабазе. Гьеб моцI тIаде бачIиналдалъун бусурбабазе щола гьабураб гIибадаталъухъ цIикIкIараб кириги.

 

Гьеб буго Къуръаналъул, гIибадаталъул, садакъа-хайраталъул, гурхIел-рахIмуялъул, гIагарлъи хурхинабиялъул моцI. Гьелда жанир ругел гIемерал пайдаби рикIкIун хIал кIвеларо. Къокъго абуни, гьеб ккола тIубараб соналъго ккарал мунагьал чуриялъе, гьединго бачIунеб соналъе гIибадат гьабизе къуват щолеб моцIги.

 

Рамазан моцIалъул хиралъи

Къуръаналда Аллагьас ﷻ абулеб буго: «КIал кквезе тIадал къоял - рамазан моцI буго жиндилъ Къуръан рещтIараб, гIадамал битIаралде тIоритIулеблъун…», - ян (сура «ал-Бакъара», аят 185).

Аллагьас ﷻ кIал кквей тIокI гьабуна гьеб Жиндаго хурхинеги гьабун. ХIадисул къудсиялда бицун бачIана Аллагьас ﷻ абунин: «КIал кквей Дир жо буго. Дица гьабила гьелъухъ лъикIаб жаза. Гьес (кIал ккурас) кванайги гьекъейги Дие гIололъидал тун бугеб», - ян.

КIал ккурав чиясул макьу гIибадат буго, гьесул хIухьел тасбихI буго, гьесул дугIаялъе жаваб гьабула, гьесул гIамалги чанцIулго кIодо гьабула. Цо гIалимас абун буго: «Вакъарав чи кьижун вугеб мехалда гьесдаса шайтIан лъутула, гьев ворчIун вугеб мехалда кин тIурилареб? ВорчIун вугев чи гIорцIун вугони, шайтIан хьвадула гьесул бидурихьазулъан, гьев кьижун вугони киндай хьвадилареб?» - абун.

Хирияв аварагасул ﷺ хIадисалда буго: «Щив чи вугониги рамазаналъ кIал ккун, Аллагьасдаги ﷻ божун, гIицIго Гьесие гIоло, Аллагьас ﷻ гьесул церехун аралги хадур гьаруралги (гьитIинал) мунагьал чурула», - ян. Абугьурайратица бицараб хIадисалда буго: «Нужер БетIергьанас абулеб буго: «Адамил лъимералъ гьабулеб кинабниги лъикIлъи цIикIкIинабула анцIгоялдаса анкьнусгоялде щвезегIан кIал хутIун, кIал буго Дие ва Дица жаза гьабула гьесие. Гьес тола жиндиего бокьараб жо - квен, лъим Дие гIоло», - ян.

КIал буго жужахIалдаса цIунулеб къолден. КIал ккурасул кIалдиса букIунеб махIги Аллагьасда ﷻ аскIоб цIикIкIун лъикIаб буго мискалдасаги. Нужер цонигияс кIал ккураб мехалъ хъубал рагIаби абуге, шаргIалъул гIорхъабиги рахунге. Цониги чи вагъани яги хьандани, абе дица кIал ккун бугин (Тирмизи).

Рамазаналда жанир ругел пайдаби:

 

ТаравихIазда данделъи

Бусурбаби къойида жаниб щибаб как базе ва анкьида жаниб цо нухалъ рузманалдаги данделъула. Гьелде тIаде, рамазан моцIалъ киназго хIаракат бахъула таравихIал жамагIат гьабун разе. Гьелда жаниб буго гIемераб пайда. Гьезул бищунго аслияб буго гIадамаз цадахъ рахъун гIибадат гьаби, цоцазда рихьи, хIал бащад гьабун, цадахъ данделъи.

 

ИфтIар

Лъиего балъгояб жо гуро ахираб заманалда цоцазде регIарав чиго гьечIолъи. Киналго руго гIедегIун. Цоцаде тIаде ин цIакъго дагьлъун буго. Гьединлъидал кIал кколеб моцIалъ гIуцIула гIаммал ифтIарал ва мажлисал. Гьарула щибаб районалъул, шагьаразул, росабазул ва гIага-божарал данделъунги ифтIарал. БатIаго квен щолареб заман гьаб гьечIониги, гIадамал данделъун цадахъ кванаралъул гIадаб баракат букIунаро. Щивав чияс жиндирго ресалда рекъон гIахьаллъи гьабизе ккела ифтIаразда.

 

Черх лъадари

Гьаб заманалда гIемерал унтаби руго кьаралъиялдалъун кколел. Рамазан моцIалъ кIал кквеялдалъун чорхое кIудияб рахIат щола. Гьединго, кIал кквеялда жанир руго чорхол сахлъи цIуниялъе гIемерал пайдаби. Хирияб хIадисалда буго: «Нужеца кIал ккве – нуж сахлъила», - ян. ГIиси-бикъинал унтаби черх лъадариялдалъун сахлъула. Гьеб ккола тIубараб соналъ черхалда бихьараб захIмат кIал кквеялдалъун щвараб хIухьбахъиялдалъун сахлъиялъе сабаблъун ккей.

 

 

ГIабдуллагь МухIаммадов

 

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...


РабигIул аввалалда дандчIвай

ХIурматиял бусурбаби, гьале исанаги тIаде щолеб буго жинда жанив хирияв авараг ﷺ гьавураб РабигIул аввал моцI. Гьеб моцIалъ нилъеца кIодо гьавула авараг ﷺ ва гьесул хьвада-чIвади, сират ракIалде щвезабула. Авалалдаса байбихьун гьанжелъизегIанги, бетIералда чIахIиял гIалимзабигун, гIадатиял...


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...


Муфтияталда данделъи тIобитIана

Дагъистан Республикаялъул муфтияталда тӀобитӀана идарабазда гьоркьосеб данделъи. Гьелда гIахьаллъи гьабуна муфтияталъул вакил ИсмагӀилов Мурадица, ГӀалимзабазул советалъул председателасул заместитель КъахIиса МухӀаммадица, Россиялъул МВДялъул Северияб Кавказалъул федералияб округалда бугеб бетӀераб...