Аслияб гьумералде

ЖамгIияталъул хвасарлъи

ЖамгIияталъул хвасарлъи

ХIурматиял бусурбаби, нилъеца гIемер борхула гIадамазул гIумру-яшав, жамгIияталъул ахIвал-хIал киндай лъикIлъизабилаян абураб суал. Щивав чиясул гьелда тIасан жиндирго пикруги букIуна.

 

Масала, цояз абула магIишатияб рахъ лъикIлъизабизе кколин, гIадамазе хIалтIи чIезабизе лъикIаб бугин. Цогидаз абула гIун бачIунеб гIел спорталда тIадчIезаруни, сахаб жамгIият лъугьунин. Гьелда релълъарал нус-нус пикраби рукIуна.

Амма щивав чиясда лъазе ккола жамгIияталъул икъбалгун талихI исламияб дин щулаго кквеялъулъ букIин. ШаригIат гуреб цоги кинаб бугониги къанун аслулъунги гьабун гIумру гьабизе лъугьаразул битIккей дагьаб букIуна. Исламалъул нухгIан кIиябго рукъалъе пайдаяб жо цоги батизеги рес гьечIо. Дунялалъулго къануназул аслу исламалдасан босун бугин абуни, мекъиги ккеларо.

Исламалъул нух кквезе ккани чара гьечIого къваригIуна шаригIаталъул аслаби мухIканго лъай. Лъазего лъалареб жо кквезе, гьелда нахъвилълъине лъихъаго бажаруларо. Гьединлъидал, чара гьечIого щивав чиясда лъазе ккола исламияб диналъул ахIкамал. Гьел лъазариялъе нилъер заманалда кигIанги гIатIидал ресалги руго. Рокъовги вукIун, интернеталъул кумекалдалъун, гIелму тIалаб гьабизе бегьула. Гьединго исламиял казият-жураналал, тIахьал цIалун лъай борхизабизе рес буго. Амма гьелъие бищунго бигьаябги мухIканабги цо нух буго, гьебги ккола мадрасалдеги ун парахат гIелму цIали. ГIун бачIунеб гIел, мадрасалда малъулеб лъай щвечIого тезе, бегьизего бегьуларо. Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афандияс чанго нухалда абуна: «Лъабго соналъ мадрасалда лъимер цIализабичIого тезе ресго гьечIо. ГьедигIанасел соназ лъай щвараб лъимадул хадусеб гIумруялъе щибго хIинкъи букIунаро», - ян.

ГIелмуялъул хиралъиялъул вагIзаби нилъеда гIемер рагIула. Гьелда тIасан аяталгун хIадисалги руго. Гьаб жакъа къоялъги халлъулеб буго, цониги росулъа цIалулел мутагIилзаби цIикIкIун ругони, гьеб росдал тIабигIат-гIамал, рукIа-рахъин берда бихьулаго лъикIаб рахъалде сверулеблъи. Гьеле гьеб гурищ нилъеца тIубараб гIумруялъго балагьулеб бугеб жоги.

ГIелму жинда жаниб гьечIеб жамгIият, кигIан гIемераб боцIи бугониги, мискинаблъун букIуна, кигIанго гIемер къуват бугониги, загIипаблъун букIуна ва кигIанго гIемер гIакъилзаби жанир ругин кканиги, жагьилаблъунги букIуна.

Лъай гьечIеб агьлу гуккизе щибго захIмалъуларо. Исламияб лъай бугеб бакIалда вагьабиязулги, исламалъул тушбабазулги загьрудал тIелги щоларо. Амма жагьлу цIикIкIараб бакIалдаса балагь-къварилъи камунги букIунаро.

ХIурматияб диналъул агьлу, кинавго чияс хIаракат бахъе нилъерго гIун бачIунеб гIелалъе исламияб лъай кьезе. Жакъа къоялъ гьелъие кигIанги лъикIал ресалги руго. Гьаб нилъер заманалда гIелму цIаличIев чиясе яги лъимал гьеб малъиялде гьетIизаричIезе метер, къиямасеб къоялъ, кIалгьикъи бигьаяб букIиналде хьул дагьаб буго. Гьединлъидал, сундухъго балагьичIого лъималазда гIелму малъиялъе кIвар кье.

 

ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


Авараг ﷺ кинав вукIарав…

Нилъеца гьаб дунялалда гьабуралъул ахираталде босулелдасан буго гьабураб гIамал. Гьелъ, МухIаммад аварагасул ﷺ умматалдаса нилъги гьарун ругелъул, щивас пикру гьабуни рекъараб буго Аварагасул ﷺ гIамалалда релълъараб чан гIамалдай дица гьабулебин абураб жо. ХIадисалда буго инсанасул жаназа нухда...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Эбелгун кIалъалев гьечIо     Нижер вацасул эбелгун кIалъаларого чанго сон буго. Гьес гIагарлъиялъулгунги бухьен гьабуларо. Цоги шагьаралдеги гочун, телефоналъул ахIиязеги жаваб кьоларо. Гьесул хIакъалъулъ нижеда лъала социалиял гьиназда ругел гьурмаздасан. Яц хIисабалда дие бокьун...


Рогьалил суннат

Рогьалил как жамагIаталда бай ккола цIакъ хирияб гIибадат. Нилъеда лъала гьениб «Магьдина» цIалулеблъи. Гьелде кIвар кьечIогоги тола цо-цояз. КIиабилеб ракагIаталъул рукугIалдаса ворхидал, гьелъул тасбихI-дугIа цIалун хадуб «Магьдина»...


РухӀияб рахъ цебетӀезабулеб заман

Нилъер лъимал риидалилал каникулазухъ урхъун рукIуна хӀухьбахъи гьабизе, гьудулзабигун заман тIамизе, расандизе. Амма нилъеда лъала гьаб ва хадусеб гӀумруялъулъ унго-унгояб талихӀ ва бергьенлъи Аллагьасул ва Гьесул Расуласул ﷺ нухдасан иналъулъ букӀин. Гьединлъидал, хириял яцал, рачӀа нилъеца гьаб...


Лимоналъул лълъел пайда ва зарал

Сахлъи цIуниялъулъ бищунго машгьурал ва пайдаял гьекъолел жалазул цояблъун рикIкIуна лимоналъул лъим. Гьелъ кумек гьабула иммунияб система щулалъизабизе, тIолабго черхалъул хIалтIи лъикIлъизабизун гIаммаб къагIидаялъ ургьимес бацIад гьабизе.   Лимоналъулъ букIуна цитрат абураб гIуцIи, гьелъ...