Аслияб гьумералде

Баркат-рахIмат гIемераб Рамазан

Баркат-рахIмат гIемераб Рамазан

ХIурматиял бусурбаби, гьале тIаде щвана хирияб рамазан моцI. Гьеб тIаде щвей Бичасул Аварагас асхIабзабазда баркиялъул хIакъалъулъ абулеб буго хирияб хIадисалда: «Рамазан бачIарабго Аварагас асхIабзабазда рохел бицунаан ва абулаан: «Нужеде тIаде бачIун буго баракатаб моцI, жиндилъ кIал кквезе Аллагьас нужее паризаяблъун гьабураб ва къаси тIаде рахъун сордо чIаго гьабизе суннатаблъунги гьабураб.

 

Рамазан моцI бачIарабго алжаналъул каваби рагьула ва жужахIалъул нуцIби къала, гьеб моцIалъ шайтIабиги рухьуна ва рамазаналъулъ буго азарго моцIалдаса хирияб цо сордоги», - абун.

Рамазан моцI бачIиналъул хIакъалъул ЧIикIаса СагIид-афандияс хъвалеб буго:

МархIаба, мун лъикI бачIараб

ЛъикIлъаби цIакъ гIемераб моцI,

ЦIилъараблъун батаги мун

Умматалъе рохалие!

Ургъалаби тIаса араб,

Исламалъул бакъ гвангъараб,

Баркат-рахIмат гIемераблъун

Гьабеги мун гIаламалъе!

 

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ рамазан моцIалъе гьарун руго гIемерал хаслъаби: гьеб гьабун буго баракатаб, къадру цIикIкIараб моцIлъун, гьелъулъ гьабун буго цо сордо азарго моцIалдаса хирияб, гьелъулъ кIал кквезе паризаяблъун гьабун буго, сардал рорчIизе суннатаблъун бихьизабун буго. Щив чи вугониги цо лъикIлъи гьабун, гьев релълъуна цоги заманалда лъабкъоялда анцIго паризаяб гIамал гьабурасда. Рамазан ккола сабру гьабиялъул моцI, сабруялъул жазаян абуни ккола алжан.

Рамазан ккола гIадамаз цоцазе боцIудалъун кумек гьабулеб моцI, муъминчиясул ризкъи цIикIкIунеб, кIал ккурав кваназавурасе щола лагъ тархъарасе щолеб гIадаб кири, кIал ккурав гIорцIизавурасе ялъуни гьекъезе лъим кьурасе Аллагьас ﷻ кьола жиб гьекъон хадуб киданиги къечолареб гьекъолеб жо.

Гьеб ккола жиндир авал - рахIматлъун, бакьулъ бакI - мунагьал чурилъун, ахир - жужахIалдаса тархъилъун бугеб моцI.

Рамазан моцIалъ гьабизе лъикIаб буго ункъо пиша: кIигояб - нилъедаса Аллагь ﷻ разилъулеб, кIигояб - нилъее чара гьечIого къваригIунеб. Нилъедаса Аллагь ﷻ разилъулеб кIиго гIамал ккола шагьадат битIиги, истигъфар гьабиги. Нилъее чара гьечIого къваригIунеллъун ккола БетIергьанасда алжан гьариги, жужахIалдаса цIуни гьариги.

КIал ккурав чиясул кьижи гIибадат буго, гьесул хIухьел тасбихI буго, гьесул дугIаялъе жаваб гьабула, гIамалги чанцIулго кIодо гьабула.

Жинда жаниб кIалал кквейги

Умматалда парз гьабураб,

Сардал чIаго гьаризеги

ХIалкIварасе суннат бугеб.

ХIатта, барабщинаб какил

Щибаб цо-цо сужда рикIкIун,

Азаралда анкьнусабго

Кири хъвалин хIадис буго.

Гьаруралал лъикIалщинал

ГIамалазул кирабиги,

Лъабкъоялда анцIгоялде

Рахунилан абун бугеб.

Амма квешлъи гьабуниги

Гьебго хIалалъ цIикIкIун хъвалеб,

Гьелдасаги тох рукIунге,

Тавфикъ кьеги киназего!

Шагьру-Рамазаналдасан

Хиралъаби хъвазе ккани,

Нилъер гIакълу гIунтIулеб бакI

Жагьло къабул гьаби буго.

(ЧIикIаса СагIид-афанди)

 

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ щибаб рамазаналъул къоялъ кIал биччаялда аскIоб гIазабалъе мустахIикъав миллион чи тархъан гьавула цIаялдаса, рамазаналъул ахирисеб къоялъ тIубараб моцIалъ тархъан гьаруралгIанасел чагIи хвасар гьарула жужахIалдаса.

АзарцIул азарго инсан,

ЖужахI тIадал гIадамазул,

Рамазаналъ, щибаб къойил

Тархъулилан хIадис буго.

БачIанщинаб рузман къоялъ,

Къоло ункъго сагIат рикIкIун,

Щибаб цо-цо сагIаталъе

ДодигIанго тархъулила.

Сахаб моцIалъ тархъанщинал

Киналгоги данде гьарун, -

ГьедигIанго тархъулила

Ахирисеб сордо-къоялъ.

(ЧIикIаса СагIид-афанди)

 

Балагьеха, бусурбаби, нилъее БетIергьанас кьун ругел нигIматазухъ. Гьездаса пайда босичIони, нилъедаса цIакъго пакъирал гIадамал рукIинадай?

Аллагьас кумек гьабеги рамазан моцI гIибадаталда, лъикIаб хьвада-чIвадиялда тIамизе! Амин!

 

ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Мажгиталъул азбаралда – ярмарка

МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул майданалда тӀобитӀана риидалил лъай кьеялъул курсазул гӀахьалчагӀаз ва гьезул эбел-инсуца гӀуцӀараб лъималазул ярмарка. Ярмарка гӀуцӀаразул цоялъ бицана: «Лъималазе унго-унголъунги бокьула гьадинаб ахӀвал-хӀал. Нижер расги ракIги бухIичIо гьаниб...


Къуръаналда рехсараб пихъ

Инжир ккола бищунго машгьурал пихъазул цояб, хирияб Къуръаналда рехсон Аллагьас тIадегIан гьабураб. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Тин (инжир) ва зайтун абулеб жиб кIиялъулъго баракат бугеб, жиндаса инсанасе квание ва дару-сабабалъе мунпагIат босулеб пихъалдалъун гьедулев вуго...


ХIакъаб жоялдаса инкар гьаби

Къуръаналдагун Аварагасул ﷺ хIадисазда рехсарал бищунго хIинкъи бугел рекIел гIунгутIабазда гъорлъ буго чIухIи ва гIамалкIодолъи. Нилъер диналда гьеб кIиябго мунагь рикIкIуна гIемерал цогидал мунагьазул кьибиллъун ва инсан Аллагьасда ﷻ цеве рихаравлъун лъугьинавулеб шартIлъун. Гьеб гIицIго...


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...


Хириясул ﷺ насаб

Щивав чиясда тIадаб буго хирияв аварагасул ﷺ инсул ва эбелалъул наслуялъул рахъалъан гьабураб насабалъул сияхI лъазе.   Аварагасул ﷺ инсул рахъалдасан насаб ГIабдуллагь. Аварагасул ﷺ эмен вукIана къурайшиязул мисал босизе бегьулев инсан. Гьев вукIана ГIабдулмутIалибил анцIабилеб лъимер....