Аслияб гьумералде

Хвалде рачунеб

Хвалде рачунеб

Нилъедаги халлъичIого гIолеб гIелалъ хIалтIизабулеб буго жинда щаклъи бугеб жо. Гьезул цоябги ккола кIветIалде гъоркье рехун хIалтIизабулеб насвай абураб заралияб жо. Гьелъул хIакъалъулъ баян кьолеб буго гъоркьехун.

 

КӀалдиб яги мацӀалда гъоркь лъолеб насвай хӀалтӀизаби гӀатӀидго тӀибитӀун буго лъималазда ва чӀахӀиязда гьоркьоб.

Насвай ккола танхьил жуба-гъубай, гьелда гъорлъе гӀемерисеб мехалъ уна тамахьо яги «нас», гьебги ккола Гьоркьохъеб Азиялда тамахьолъун бугеб гъветӀ, гьединго, бухIараб гач ва цогидал хурдузул рахъу.

Насвай рокъобго гьабулеб букӀиналъ, гьелъул компонентазул составалда хадуб лъицаго халкколеб гьечӀо ва гӀемерисеб мехалда гьелда гъорлъ букӀуна сино ва хӀайваназул рак (гӀанкӀудал, варанидул ва гь.ц.).

Насвай хIалтIизаби рикӀкӀуна инсанасул сахлъиялъе заралияблъун. Гьеб хӀалтӀизабулеб мехалда къватӀибе бачӀунеб гӀемераб хӀацӀуялъ тӀоцебе гьеб хӀалтӀизабулезул кӀалдибе бачIинабула захӀматаб бухӀи, бетӀер свери, ракI хисардизабигун лагIизе бачIинаби.

Насвай халатаб заманалъ хӀалтӀизабиялъ никотиналде ругьунлъун ккун, гьеб гьечIого чIезе кIоларевлъун лъугьуна. Цаби-гӀусазул унтаби ккезари, бакьазул инфекциял, кӀалдиб ва кванирукъалда рак ккеялъул хӀинкъи цӀикӀкӀараб букӀуна. Гьелда тӀадеги, насвай хӀалтӀизабиялъ зарал гьабизе бегьула психика цебетӀеялъе, ракӀалда чӀей загӀиплъизабизе.

Насвай хӀалтӀизабиялъул гӀаламатал:

- кӀалдиса ва черхалдаса бачӀунеб къуватаб, рекӀее гӀолареб махӀ;

 - хӀацӀу цӀикӀкӀин, гьелъ гӀемер тударизе гьари;

- гьурмада, мацӀалда, кӀутӀбузда ругънал ракки;

- цаби хвей.

Насваялъул цо дозаялда жаниб 3-4 хъалияналъул къадаралда бащалъулеб никотин букIуна. Гьединлъидал гьеб хӀалтӀизабиялъ рачуна никотиналде ругьунлъиялде.

Щвециялъул лабораториялда гьабуна насваялъул химикияб анализ. Гьенир ратун руго гьадинал жал:

Бензопирен (гьеб букIуна рохъдолъ) – гьелъ гьуърузда, бакьазда ва каранда рак унти ккезабула.

Хром – гьелъ рахIат хвезабула тӀомалъулгун риччел бугел лугбазул, ахиралдаги рачуна ругънал раккиялде. Хромалъул букӀуна цогидаб загьруяб асар, гьелъ зарал гьабизе бегьула тIулае ва бакьазе.

Никель – гьелъ лъугьинабула загьруяб асар ва тӀомол унтаби.

ТIухьи – гьеб данделъула батӀи-батӀиял лугбузда ва дагь-дагьккун гьел хвезарула.

Мышьяк – гьелъ нервабазул системаялъе квешаб асар гьабула. СакъатIлъи ккезабула бидурихьазе, бакьазе, гьуърузе, тӀадехун ругел хӀухьел цӀаялъул нухазе ва чехь-бакьалъе. Мышьякалъул цӀикӀкӀараб концентрация букӀиналъ тӀомода рак ккеялъул хӀинкъи цӀикӀкӀуна ва чакаралъул унти ккеялъе сабаблъун ккола.

Насвай халатаб заманалъ хӀалтӀизабиялъ цӀикӀкӀуна цаби-гӀусазул унтаби ва кӀалзул тIомалда рак унти ккезе рес букIуна.

Насвай хӀалтӀизабиялъ бихьинчиясул хьон къватIибе бачIин чӀезабула ва лъимал гьариялъулаб хӀалтӀи загӀиплъизабула. Насваялъулъ гӀемер букӀуна хӀайваназул рак, гьеб хӀалтӀизабулесул бакьазул инфекциял ва паразитазул унтаби ккезаризе бегьула гьелъ.

Уфа шагьаралъул къватӀаздаса босун, Башкириялъул пачалихъияб университеталъул лабораториялде битӀараб насваялъул химикияб анализалда рекъон, гьелда гъорлъ батун буго гӀункIкӀазул рак. ГӀункIкӀал ккола геморрагикияб лихорадка яги гIункIкIазул унти баккиялъе аслулъун.

Наркотиказде ругьунлъиялъул хӀинкъиги буго насвай хIалтIизабиялда жаниб. Щайгурелъул, гьеб бичулез насваялде гъорлъе жубазе бегьула гашиш, марихуана яги синтетикиял наркотикал.

Насвай абураб жо гIолохъабаз лъолеб буго тӀасияб яги гъоркьияб кӀветIалда гъоркь, гьелдаса хадуб хIацIугунги жубан, хехго лъугьуна чорхолъе, ай бидулъе. Гьелъул асар лъугьине 2-6 минут уна. Гьелъ асар гьабизе лъугьиналъул гIаламатаздаса ккола:

БетӀер свери, дагь-дагьккун бер свериялде, лъавудаса унеб хӀалалде бачӀунеб.

Кутакаб ракIхисардизаби, гӀеме-рисеб мехалъ лагIдеялде рачунеб.

Ччорбазе хӀалхьи бачIин ва черхалъе рахIаталъул асар щвей.

ГӀодобе биччараб ва разилъиялъул асар.

Гьоркьохъеб къагӀидаялъ гьеб «рахIатаб» асар халат бахъуна 7-12 минуталъ, гьелдаса хадуб вукIарабго хIалалде вачIуна. Амма гьеб къокъабго заманалъул «рахIаталъе» гIоло, гьелъул заралиял хӀасилалги лъачӀого, гӀолохъаби рачуна щибаб лахIзаталъ «рачӀа, гӀодоре риччазе, рахIат гьабизе» абураб ахӀиялда рекъон цӀидасан насвай хӀалтӀизабизе. КIалдиса бурулеб квешаб махI, тIогьиллъарал цаби ва квен бихIинабиялъул захIмалъаби гурелги, насваялъ захӀматал унтабиги ккезаризе бегьула.

  1. Онкология. Наркотикал хӀалтӀизарулел гӀадамазул 80 проценталъул лъугьуна чорхолъ опухолал.
  2. Цабзазул унтаби. Кариесалдаса байбихьун киналго цаби рортиялде ва гӀумруялъго трубкаялдасан кваназе ккеялде рачине бегьулел пародонталъул унтабазде щвезегӀан.
  3. Ругънал. ГӀанкӀудал рак ургьибе ккани, чехь-бакьалъул хIалтIуе зарал ккезе бегьула ва гьелъ ургьиб ругъун ккезабула.
  4. Бакьазул унтаби. ГIанкIудал ракалъ ккезабула бакьазда унтаби яги ургьир жанир цунтрул раккизаризе рес буго.

Насваялда хурхарал хӀинкъи бугел унтабазул цояб ккола тIулал унтиги. Гьеб бачIуна гӀанкӀудал ракалдасан яги хъалиян цӀазе гуреб, ай бухIизе гьечIеб жуба-гъубай гьеб ракалъул гьабун бугони. Гьеб загьруяб жо гьоркьоса къотӀичӀого хӀалтӀизабиялъги рес кьола лъимер гьабизе кӀолареблъиялъе ва бихьинлъиялъул хIалтIи хвеялъе.

Психотропиял жалаз гӀолохъа-базул психикаялъе гьабулеб асаралъ ккезаризе бегьула психоз, невроз, депрессия ва гӀемерал цогидалги унтаби. Насвай хӀалтӀизабизе байбихьараб мехалда, инсан дагь-дагьккун загӀиплъула, ахир-къадги «рахIат» хехго лъугӀулеб букӀиналъ, къуватал наркотикал хӀалтӀизаризе жувала.

Гьединлъидал, дурго ва гӀагарлъиялъул ургъел гьабе, диналъул вац!

 

ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...


Нухазда рацIцIалъи чIезабулев

ХIурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Шамил районалъул ТIаса Колоб росдал гIадамазе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе Микьигьориса ХIасанил МухIаммадие.   МухIаммадица тIаде босун буго нижер росабалъе рачIунел нухазул тIалаб-агъаз...


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...


Аварагасухъ ﷺ гIашикъав

Увайсул Къарани ккола табигӀиназул цояв. Цо-цояз абула гьев гьезда гьоркьоса бищун тIадегIанав вукIаниланги. ГӀемерисел гӀалимзабаз гьев хириявлъун рикӀкӀуна ХӀасанул Басридасаги, ГӀумар бин ГӀабдулгӀазизидасаги, ГIа-тIаъ бин РабахӀидасаги, СагӀид бин Мусайибидасаги.   Увайсул Къарани...