Аслияб гьумералде

Рамазаналдаса рамазаналде…

Рамазаналдаса рамазаналде…

ХIурматиял диналъул вацалгун яцал, гьале ана иснанаги хирияб рамазан моцI. Бегана цоги тIамач нилъер гIумруялъул тарихалъул. Гьабурасул гьабурабгун къана малаикзабаз цоги рамазаналъул гIамалал хъвараб даптар.

 

Рамазан моцIалъул хIасил гьабун абуни, квеш анин абизе бакIго гьечIо. Аллагьасе шукру-рецц, цIакъ берцинго анин абизе бегьула хирияб заман. Балагье гьарунщинал исламиял мажлисазде. Гьезде цIар ифтар бугониги, гьел руго исламиял данделъаби. Гьел мажлисазда цоцада рихьулелщинал гIадамалги, гIага-божаралги, кколелщинал лъикIал лъай-хъваялги рикIкIине лъугьани, сияхI саламатго халалъила.

Рецц Аллагьасе, кIал ккурал гIадамал къойидаса къойиде гIемерлъулел руго. Советияб заманалъул ахиралда букIараб хIал дагьабгIаги ригь бачараб агьлуялда лъала. МашаАллагь, Аллагьасе щукру, ахIвал-хIал хисун буго. Аллагьасул рахIмат цIикIкIунеб буго. Нилъее гьелдаса пайда боси гурони тIокIаб жоги хутIун гьечIо. ГIор щведал цIул бахъичIев хасало квачалевлъи лъидаго лъалеб жоги буго. Гьединлъидал щвараб ресалдаса пайда босизе нилъ кIвахIаллъизе бегьиларо.

Рамазан моцI лъикI анин тана нилъеца. Амма гьелда хадуб бугеб заманалъул бицинчIого гIоларо. Нилъер гIадат буго рамазаналъ гIибадаталде лъикIаб кIварги кьун, гьеб арабго кинабго тIасан-гъоркьан биччан толеб. Гьеб хасият кутакалда нилъ мекъи ккезарулеб, дармилъ икъбал кьолареблъун ккола. Щайгурелъул рамазан моцI БетIергьанас гьабун буго тIубараб соналъего байбихьилъун букIине, гIибадаталъе къуват бакIаризе, жигаралъул нахърател гIуцIизе. Амма гьеб моцI хвейдал нилъеца кинабго рехун тани, зарал чияе кколаро.

Цоги лъазе кколеб жо, гьеб моцIалъ рахсида бан букIараб щайтIан гьелдаса борчIулеблъи. Рахсидаса борчIараб хIайваналъ гьабулеб жо нилъее балъгояб гьечIо. Гьебго хIал шайтIаналъулги букIуна. Гьелъ кIудияб къуват рехула нилъер гIамал мукъсан гьабизе, кIвахIаллъи тIаде тIамизе. Гьелъие нилъ мутIигIлъани, рамазаналъ щвараб къуватги бухIун, чIорого хутIизе рес буго.

РачIа нилъеца, щивав чияс, яхI бахъилин гьелъие мутIигIлъичIого рукIине. Гьелъие бищунго лъикIаб дарман буго шавалалъул анлъабго кIал кквезе хIаракат бахъи. Гьелдаго цадахъ рамазаналъ гьабулеб букIарабщинаб гIамал, щибго камизе течIого, тIубазабизе яхI бахъиги. КIудияб хьул буго гьединал хIаракатаздалъун шайтIаналъул гуккиялдаса нилъ рорчIилин абун. Цояб рамазаналдаса цогидаб рамазаналде щвезегIан нилъго цIуни буго нилъеда тIадаб налъи. Салафуназ рамазаналдаса хадусеб заманалъул кIиабилеб бащалъиялда гьарулеб букIун буго, я Аллагь, ниж рамазаналде щвезарейин абун.

Аллагьас кумек гьабеги кинабго лъикIабщиналъе! Амин!

 

ГIабдуллагь МухIаммадов

 

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...


Аварагасул ﷺ кIиго къиса

Аварагас ﷺ рихьизаруна чанго мугIжизатал, авараглъиялъул хIакъикъат гIадамазда бичIчIизабиялъе. Гьелдаго цадахъ аварагасда ﷺ гIезегIан захIмалъаби рихьана халкъ диналде ахIулаго. МугIжизатазул бищун кIудиябги ккола Къуръан. Щайгурелъул, Аллагьасул ﷻ калам букIиналъ, лъиданиги жиб хисизабизеги...