Аслияб гьумералде

Эбелалде

Эбелалде
Алжанал рагьараб,
Жужахlал къараб,
Щайтlаби рухьунеб,
Рахlмат рещтlунеб,
Амлакал хlайранаб
Гlадан урхъараб,
Дуе насиблъана
Хирияб шагьру,
Моцlазул хирияб
Рамазан моцlги,
Сардазул хирияб
Рузман сордоги.
Къуръаналъул аят
Рагlалде щвана,
Будунас какие ахlиги бана,
Гlизраил малаик 
Гьоболлъухъ щвана,
Дур гlумрудул къоял
Гьелда лъугlана.
Эбел, бахъея цо свери гьаб дунялалда,
Гьаб мина бихьизе, лъимал рихьизе,
Ахираб рукъалде мунго къачlазе,
Аман тlамун тарай гьудул йихьизе.
Рукъалъ дандйитlарай ХIава йихьизе,
Вац гьечlев васасул васал рихьизе,
Гьитlинай Марямил тlанчlи рихьизе,
Мун хун хадуй гьаюн дурго цlар лъурай,
Гьитlинай Аминат каранде къазе.

МУХIАММАДИЛ ЯС ПАТIИМАТ, КЪУЛЕЦIМА РОСУ

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...


ХIакъаб жоялдаса инкар гьаби

Къуръаналдагун Аварагасул ﷺ хIадисазда рехсарал бищунго хIинкъи бугел рекIел гIунгутIабазда гъорлъ буго чIухIи ва гIамалкIодолъи. Нилъер диналда гьеб кIиябго мунагь рикIкIуна гIемерал цогидал мунагьазул кьибиллъун ва инсан Аллагьасда ﷻ цеве рихаравлъун лъугьинавулеб шартIлъун. Гьеб гIицIго...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Макьилъ "супергерой"     Макьилъ гIемер бихьула, кинабаздаго гIадин, кутакав бахIарчилъун вахъун. Цо-цо мехалъ ворчIула ва дир черх хисулеб бугин ккола: кверазде къуват бачIуна, бидурихьал понцIон лъугьуна. Гьелъие щиб сабаб бугебали лъаларо. Щиб дица гьабизе кколеб?   ГIали,...


Риидалил курсал ва торгIо хIай

1 августалда Шамил районалъул ХӀотода росулъ тӀобитӀана риидалил курсазде хьвадулел лъималазда гьоркьоб мини-футболалъул рахъалъ турнир. Къецазда гӀахьаллъана 13 соналде щвезегӀан ригьалъул лъималазул командаби. Турниралъул хӀаси-лалда тIоцебесеб бакI ккуна ТӀидиб росдал командаялъ, кIиабилеб бакӀ...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...