Аслияб гьумералде

ХасмухIаммад-хIажиясде

ХасмухIаммад-хIажиясде
Дур сабрудал гIатIилъи,
Дур гIелмудал камиллъи,
ГIакълуялъул берцинлъи,
Бичас дуе кьун бугеб.
Аллагьасукьа гуреб
Сундукьаго хIинкъичIеб,
ХIалихьатал тархъараб
ГIамалалъул хIикмалъи.
Лъимерлъи, гIолохъанлъи
Яги бахIарлъи-херлъи,
Бичасдаса гъапулаб
БукIинчIо дуе заман. 
БетIергьанас кьунщинал,
ЛъикIлъаби-къварилъаби,
Киназего даимаб
Дуца гьабураб шукру. 
Аллагьасул диналъе
Васал къурбан гьавурав,
Гьаб ракьалда мун гIадав
Ватиларо цойги чи. 
Муршидзабазде рокьи
Щибаб логолъ бессарав,
Берцинал тIабигIатал
ТIолго чорхолъ тIокIкIарав.
ТIолго Дагъистаналъе
Кьураб баркаталъул ицц,
ХасмухIаммад-хIажияв -
Бичасул хирав вали.

ЦIуне, Аллагь, дуца ниж

ЦIобалъе гIорхъи гьечIев
ГIаламалъул БетIергьан,
Гьал панаял рагъазул
БухIи лъазе тоге ниж.
Лъимал камун улбузул
Зобалазде бахунеб,
Зигардигун угьдари
РагIизе тоге, Аллагь.
Ракълие къотIи гьабе
Къудраталъул БетIергьан,
БитIараб нух ккун раче
Улкабазул хункарал.
Халкъал пасат гьарулел,
ГIарцуца жал мехтарал,
ГIаламалъул хIатIазукь
Зурулеб хIукму гьабе.
Биччаге гьаб ракьалде,
Гьарула, Дуда, Аллагь,
Дуде ниж гIассилъулеб
ГIассияб рагъул бухIи.
Дуде руссун гурони
Чара гьечIел нижее,
Гьарула, я БетIергьан
РахIмудал цIадал риччай.

ИБРАГЬИМ МУХIАММАДОВ

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...


Къуръаналда рехсараб пихъ

Инжир ккола бищунго машгьурал пихъазул цояб, хирияб Къуръаналда рехсон Аллагьас тIадегIан гьабураб. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Тин (инжир) ва зайтун абулеб жиб кIиялъулъго баракат бугеб, жиндаса инсанасе квание ва дару-сабабалъе мунпагIат босулеб пихъалдалъун гьедулев вуго...


Муфтияталда данделъи тIобитIана

Дагъистан Республикаялъул муфтияталда тӀобитӀана идарабазда гьоркьосеб данделъи. Гьелда гIахьаллъи гьабуна муфтияталъул вакил ИсмагӀилов Мурадица, ГӀалимзабазул советалъул председателасул заместитель КъахIиса МухӀаммадица, Россиялъул МВДялъул Северияб Кавказалъул федералияб округалда бугеб бетӀераб...


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...