Аслияб гьумералде

Хвалил пикру кIочонге

Хвалил пикру кIочонге
Нилъ гьаниб ракьалда гьоболлъухъ руго,
Бихьизе кьураб бакI дуниял буго.
ГьитIинал рукIарал кIудиял гIуна,
Заман ун батана расги лъачIого.
Радал рахъиналде бусеналдаса,
ХъахIал расаз нилъей рорчIами кьола.
Дур гIумрудул сонал унел ругилан
Аллагьас ракIалде щвезе гьабула.
Гьедин щола тIаде къоял лъугIараб
Абадияб сапар бухьунеб лахIзат.
Хириял хъизангун лъимал рехун тун
Рачуна Халикъас ахираталде.
Дунялалъул рокъоб щибго гIоларел,
Кинандай рукIина чIарбил гвандинир.
Аллагьас кьуралде рецц гьабуларел,
Щиб хIалдай букIина къваридаб хабалъ.
РахIманасе щукру гьабе даимго,
Такъва цIикIкIинабе ракIазда жаниб.
БетIергьан разияб гIамал гьабизе
Гъираялда хIалтIе напсазда тIад нуж.
Хириял диналъул вацалгун яцал,
РукIа цоцаздехун гьуинлъиялда.
РакI къварид гьабуге лъил бугониги,
Хвезе рижараблъи тоге кIочене.

ГIАЛИЛ ВАС МУХIАММАД ТIЕЛЕКЬ РОСУ

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...


Хириясул ﷺ насаб

Щивав чиясда тIадаб буго хирияв аварагасул ﷺ инсул ва эбелалъул наслуялъул рахъалъан гьабураб насабалъул сияхI лъазе.   Аварагасул ﷺ инсул рахъалдасан насаб ГIабдуллагь. Аварагасул ﷺ эмен вукIана къурайшиязул мисал босизе бегьулев инсан. Гьев вукIана ГIабдулмутIалибил анцIабилеб лъимер....


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...


Хьул къотIуге

ГIемер чиясул гIумруялда жаниб бачIуна цо заман, жинцаго гьабураб гъалатIалъул яги мунагьалъул захIмалъи бичIчIулеб. ГIайиб ва тамихIалдаса хIинкъи къуватаб букIине бегьула, гьелъ хьул къотIиялде рачинеги бегьула. Амма нилъер диналъ тавбуялъул каваби кидаго рагьараллъун руго. Аллагьас ﷻ нилъер...