Аслияб гьумералде

ЦIакъ рикIкIад бихьулаан

ЦIакъ рикIкIад бихьулаан

ЦIакъ рикIкIад бихьулаан
ГIурччинхарилъ гьитIинго васандулеб мехалда,
Хиялал рукIунаан рикIкIаде балагьулел.
Херлъиялъ къвал жемарав къотIнов данде ккедал,
Дида кколаан гьеб гIуж цIакъ рикIкIад бугеб жоян.
ЦIоролъ, гIазулъ гьитIинго васандулеб мехалда
Хараби щай гьечIелан рукIунаан пикраби.
Рилълъунелъул цIодорго гьез хIетIе босулелъул,
Дида кколаан гьеб гIуж цIакъ рикIкIад бугеб жоян.
Гьури букIа, цIад букIа, цIорораб дунял букIа,
БукIунароан ургъел унтул яги свакалъул.
Сородулел кверазул ригь арав чи вихьидал,
Дида кколаан гьеб гIуж цIакъ рикIкIад бугеб жоян.
Дагьалги сонал цIикIкIун завалаб гIуж бачIиндал,
Заманалъул жо букIин ракIалдегоцин ккечIо.
РукIкIелаз гьумер цIурав росуцояв вихьидал,
Дида кколаан гьеб гIуж цIакъ рикIкIад бугеб жоян.
Рокьул цIаялъ бухIулеб, гIишкъудул цIураб керен,
Кино, театр гIадаб гIолохъанаб замана.
Заманалъ гьод къуларал херал чагIи рихьидал,
Дида кколаан гьеб гIуж цIакъ рикIкIад бугеб жоян.
Чорхол гьунар, гьайбатлъи, лебаллъигун тирилъи,
Гьеб жо бихьизе кьураб хазина букIин лъачIо.
Херлъиялъ гьеб нахъе гъун гъаримлъарал рихьидал,
Дида кколаан гьеб гIуж цIакъ рикIкIад бугебин.
Рииялъ хасел хисун, сонал гIумрудул ана,
Амма дир рекIелъ жеги анищ лъимадул буго.
МатIуялъуб тохлъукье гьумер дирго бихьидал,
БукIанин лъимерлъиян лъалеб жо хутIун гьечIо.
Гьелда арал сонаца сокIкIелал лъолел руго,
Саву ккараб хер гIадин хъахIлъулел расал руго.
ЦIакъ рикIкIада бугилан ракIалде дида ккараб,
Доб замана аскIобе гIагарлъун буго жакъа.
ГIолохъанлъи, гьайбатлъи, гIишкъудул цIураб керен,
Кивалиго паркалда гьудул ялагьулев дун.
Гьенив гъутIбузул рагIдукь гIодов чIарав дидехун
ГIолилаз салам кьола: «Кин вугев, кIудав чи?» - ян.
Дун гIодове къулула гIумрудул хIисаб гьабун,
Сверухъе валагьула, араб ракIалде щола.
РикIкIада бугин абун ракIалде дида ккараб,
Доб замана аскIобе гIагарлъун буго жакъа.
Дуда къимат лъачIин, къо-мех лъикI гьабизе,
АскIоса батIалъизе хIадурлъун гIолохъанлъи.
ХIелун гьелдаги чIалгIун, чIайилан гьардолев дун,
Гьанже ирга дирилан аскIобе щвараб херлъи.
БачIунелъул ургъелаз, аралъул пикрабаца
Сверун къвал жемун къварилъуде ккараб черх.
Къоял цIикIкIун анагIан гIагарлъулев ГIизраил,
ГIузраби рачунилан нахъе ин букIунарев.
Унев вукIин гурони нахъе валагьичIого,
Нахъа дица тун бугеб таманаб гIумрудул нух.
ГIолохъанлъи, гьайбатлъи, гьабичIеб къимат,
Гьелъ хисун дие толеб херлъиялъул гъаримлъи.
Дида ккана гьаб гIумру кино, театр бугин,
Бокьараб мехалъ вилълъун халгьабизе бегьулеб.
Херлъиялъ салам кьедал, бичIчIана гьанже дида,
Гьалъухъ цоцIул гурони балагьи букIунгутIи.
КигIан рекIел бокIназулъ лъимерлъи кIетIаниги,
ТIерхьун арал къоязул къадар тIадбуссинаро.
ТIирун чIун гIолохъанлъи инарилан чIаниги,
ЧIунтун хадуб минаялъ мехалъ тIох баччиларо.
Гьанже дир гIумруялъул кино лъугIулеб буго,
Кида, киб ахир бугеб - Аллагьасда лъикI лъала.
Амма рикIкIада бугин ракIалде дида ккараб,
Доб замана аскIобе гIагарлъун буго жакъа.
Азалалда тIубараб БетIергьанасул хIукму,
Арзалда инсанасда бихьичIого рес гьечIо.
Хьулал халалъунилан рорчIи нилъее гьечIо,
Хвел иманалда кьеги АхIмадил умматалъе.

ЖАВАТХАН ГIАБДУРАХIИМОВ, КIУЯДА РОСУ

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


МухIаммад ва АхIмад цIаразул магIна

Аварагасул ﷻ цIараздасан ккола: МухIаммад абураб цIар. БетIергьанас гьесда гьеб цIар лъуна вижилалдего 2000 соналъ цебе. Гьавун хадуса гьесда МухIаммадан цIар лъуна гьесул кIудияв эмен ГIабдулмутIалибица. МухIаммад абураб цIаралъул магIнаги ккола «жив веццарав» абураб.   Дуца щай гьесда дур...


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...


Мажгиталъул азбаралда – ярмарка

МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул майданалда тӀобитӀана риидалил лъай кьеялъул курсазул гӀахьалчагӀаз ва гьезул эбел-инсуца гӀуцӀараб лъималазул ярмарка. Ярмарка гӀуцӀаразул цоялъ бицана: «Лъималазе унго-унголъунги бокьула гьадинаб ахӀвал-хӀал. Нижер расги ракIги бухIичIо гьаниб...


Къуръаналда рехсараб пихъ

Инжир ккола бищунго машгьурал пихъазул цояб, хирияб Къуръаналда рехсон Аллагьас тIадегIан гьабураб. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Тин (инжир) ва зайтун абулеб жиб кIиялъулъго баракат бугеб, жиндаса инсанасе квание ва дару-сабабалъе мунпагIат босулеб пихъалдалъун гьедулев вуго...


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...