Аслияб гьумералде

Гьаре, БетIергьанасда…

Гьаре, БетIергьанасда…

Гьаре, БетIергьанасда…

ХIурмат тIадегIанал яцалгун вацал,

Воре, инкар гьабуге щолеб давлаялдаса.

Дуниялгун ахират нилъей гвангъизабизе,

БетIергьанас кьураб рес хIалтIизе гьабизе лъай.

Дуниялго бахилаб РухIияб центр гIеларищ,

ГIиcа аварагасул цIар кьун чIухIизабураб.

Квербакъе, кумек гьабе киназго цо гьаракьалъ,

Нилъерго ирсилазе абадиялъ хутIизе.

Гьабе нужеца дугIа, даим АхIмад хIажие,

ХIажат ккедал ратулел лебалал гIолилазе.

Гьабе нужеца дугIа тIолго устарзабазе,

Гьезул баркаталдасан щваралда шукру гьабе.

Гьаре, киназго цадахъ, Дагъистан цIунейилан

ЦIадул, рагъул балагьал рикIкIад гьарегийилан.

Гьаре, кIвахI тун киназго, иман щула гьабеян,

Гьайбатаб, рохалилаб гIумру халкъалъе кьеян.

АСИЯТ СУРХАЕВА, ГЪОЗТАЛА РОСУ.

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


КигIан лъикI букIинаан…

Гьале тIаде щолеб буго хирияв МухӀамад ﷺ аварагасул моцӀ ва жиндилъ гьев гьавураб моцӀ. КигӀан лъикӀаб букӀинаан нилъее гьеб моцӀ цогидал моцӀаздаса цӀикӀкӀун хӀаракат бахъани гьесул гӀумруялъул, биографиялъул лъазабуни. Гьединлъидал жакъа байбихье гьал мухъаздасан.   Аварагасул ﷺ берцинаб...


Хириясул ﷺ насаб

Щивав чиясда тIадаб буго хирияв аварагасул ﷺ инсул ва эбелалъул наслуялъул рахъалъан гьабураб насабалъул сияхI лъазе.   Аварагасул ﷺ инсул рахъалдасан насаб ГIабдуллагь. Аварагасул ﷺ эмен вукIана къурайшиязул мисал босизе бегьулев инсан. Гьев вукIана ГIабдулмутIалибил анцIабилеб лъимер....


Хьул къотIуге

ГIемер чиясул гIумруялда жаниб бачIуна цо заман, жинцаго гьабураб гъалатIалъул яги мунагьалъул захIмалъи бичIчIулеб. ГIайиб ва тамихIалдаса хIинкъи къуватаб букIине бегьула, гьелъ хьул къотIиялде рачинеги бегьула. Амма нилъер диналъ тавбуялъул каваби кидаго рагьараллъун руго. Аллагьас ﷻ нилъер...


Мажгиталъул азбаралда – ярмарка

МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул майданалда тӀобитӀана риидалил лъай кьеялъул курсазул гӀахьалчагӀаз ва гьезул эбел-инсуца гӀуцӀараб лъималазул ярмарка. Ярмарка гӀуцӀаразул цоялъ бицана: «Лъималазе унго-унголъунги бокьула гьадинаб ахӀвал-хӀал. Нижер расги ракIги бухIичIо гьаниб...


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...