Аслияб гьумералде

Гьабго кинаб заман унтабаз ккураб?

Гьабго кинаб заман унтабаз ккураб?
Кидадай букIина гьаб унтул ахир,
Пикрабазулъ ругин киналго жакъа.
Холезулги къадар цIикIкIунеб бихьун,
Балагьлъун бихьулел руго гIемерал.
ГIасрабазул гъаталда гъорлъеги раккун,
РачIа балагьизин тарихги борхун.
Нилъер умумуца хIехьон таралде,
ЦохIо Аллагьасде хьулги рехун тун.
Гьеб хIал гуро жакъа, вацалгун яцал,
Цадахъ балагьлъун гьеб рикIкIине ккани.
Гьадинан нилъ чIани дагьабги квешаб,
Аллагьасул ццималда букIина хIинкъи.
Кьун буго Къадирас божел нилъехъе,
Нилъго кантIизелъун сабаблъун ккезе.
ЛъикI букIина жакъа муъминзабазе
Иманаб къадругун гурхIел гьаризе.

ШАМСУДИН РАСУЛОВ, ГIАНЧИХЪ РОСУ

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ХIакъаб жоялдаса инкар гьаби

Къуръаналдагун Аварагасул ﷺ хIадисазда рехсарал бищунго хIинкъи бугел рекIел гIунгутIабазда гъорлъ буго чIухIи ва гIамалкIодолъи. Нилъер диналда гьеб кIиябго мунагь рикIкIуна гIемерал цогидал мунагьазул кьибиллъун ва инсан Аллагьасда ﷻ цеве рихаравлъун лъугьинавулеб шартIлъун. Гьеб гIицIго...


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...


Аллагьасул ﷻ баракатаб сайигъат

ТӀадегӀанав Аллагьас инсанияталъе гӀемерал пайдаял пихъал рижун руго, гьезда гьоркьоб хасаб бакӀ ккола цӀибилалъ. Гьеб пихъ некӀсияб заманалдаса нахъе гӀадамазда лъалеб букӀана ва чанго нухалъ рехсон букӀана Хирияб Къуръаналда Аллагьас жиндирго лагъзадерие кьурал кӀудиял нигӀматазул...


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...


Ахирисеб сапар

Хвел ккола щивав чиясда цебе бугеб, тIаса унареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Кинабго напсалъ хвел чIамизе буго», - ян. (Сура «Алу-ГIимран», аят 185)   Гьединлъидал исламалъ бусурбабазда малъула хвалде хIадурлъи гьабизе гуребги, дунял тун унев чиясда аскIоб кин рукIине...