Аслияб гьумералде

Хирияй эбелалде

Хирияй эбелалде
Ворея, гIадамал, гIисинал лъимал,
Эбелалъул адаб тезе гуринха.
Ворея, чIагоял, руччаби, ясал,
Эбелалъул адаб дагьлъизе гурин.
Дунялалъул канлъи нилъее кьурай,
Эбелалъ малъухъе хIалтIизе ккола.
ХIалги рухIги дуе даим гьабурай,
Херлъи тIад щунилан цуге доегIан.
Ворея, гIадамал, диналъул вацал,
Эбел-инсул адаб гIодоб реххуге.
Ворея, гIадамал, гIумру гьабулел,
Эбелалъул адаб гIарцухъ бичуге.
Ворея, гIадамал, цIодорго рукIа,
Херлъарайго эбел учуз йихьуге.
Рахьдал цIураб керен дур кIалдибги чIван
ЧIегIерал сардазда дуе гьимарай.
Гьабунилан квенги кваналареб гьелъ,
Лъимал киндайилан нужер ургъелалъ.
Вореха, чIагоял, чIамучI гьабуге,
Эбелалъул адаб жалгъалго тоге.
Нилъер гIумруялда гIуж лъезе гурин,
Бабал каранда ракI кидаго буго.
Дие эбелалъул хинкI квине щвечIо,
Рохел гьечIел къоял лъаге улбузда.

ШАПИ ХIАСАНГIАЛИЕВ, ХIАБЩИБ РОСУ

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Аллагьасул ﷻ баракатаб сайигъат

ТӀадегӀанав Аллагьас инсанияталъе гӀемерал пайдаял пихъал рижун руго, гьезда гьоркьоб хасаб бакӀ ккола цӀибилалъ. Гьеб пихъ некӀсияб заманалдаса нахъе гӀадамазда лъалеб букӀана ва чанго нухалъ рехсон букӀана Хирияб Къуръаналда Аллагьас жиндирго лагъзадерие кьурал кӀудиял нигӀматазул...


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...


Ахирисеб сапар

Хвел ккола щивав чиясда цебе бугеб, тIаса унареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Кинабго напсалъ хвел чIамизе буго», - ян. (Сура «Алу-ГIимран», аят 185)   Гьединлъидал исламалъ бусурбабазда малъула хвалде хIадурлъи гьабизе гуребги, дунял тун унев чиясда аскIоб кин рукIине...


Какда хадуб зикру ва дугIа

ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъиялъе бищун кIудиял нухазул цояб ккола зикру - Аллагь рехсей. Гьелъ муъминчиясул ракI чIаго гьабула, такъва щула гьабула, БетIергьанасулгун бухьен цIунизе кумек гьабула. Аллагьасул Аварагас ﷺ бусурбабазда малъана зикруялъул батIи-батIиял формаби ва бихьизабуна Аллагь...


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...