Аслияб гьумералде

Шамил имам

Шамил имам
ВачIа, Шамил имам, Дагъистаналде,
Динул-Исламалъул байрахъги босун!
Вахъинарищ тIаде, сайидул абтIал,
Икълималъе щвараб рохел баркизе?
Бидул гIор чвахараб гIешдерил гохIги
ГIащикълъун батилин мун вихьиялъухъ.
Гьенир рукъун тарал шугьадаалги
Щвела мурадалде дуда берчIвани.
Динул-Исламалде нуцIаги къирун,
БецIлъарал курмузде канлъи щун буго.
Купруялъул накIкI лъун нур свараб иман
РахIматалъул бакъ щун гвангъулеб буго.
Ширкалъул цIа рекIун бухIараб тавхIид,
ИхIсанияб цIад бан тIирщулеб буго,
Щубгьа-хIарамалъул цIураб Дагъистан
ЦIияб базру хьазе къачIалеб буго.
ЧIунтун хараблъарал мажгитазда тIад
ТIохал меседил лъе, рес бугелаца.
Росаби гвангъизе минарабазда
Маргъал-якъут бекье, къуват гIунани!
ГIадатазе лагълъи гьабулелщиназ
Гьабе гьанже тавбу, русса диналде!
Ришват кьун наслаби цIадаре гъолез
ЦIияб мадрасалде буссинабе мал!
Шамил имамасул “Магъази” цIале,
МагIарул яхIалъул къуват цIикIкIине,
Къойил тадрис гьабе гIолохъабазе
МугIрузул бисазул сиярал лъазе.
Свак тун гIалимзабаз бичIчIизе гьабе,
ГIелмуялда рекъон хьвадизе ккейги.
ГIукъалаал ургъун, сулхIалде бачун,
Свинабе халкъалда гьоркьоб бугеб цIа.
Хирияв имамас цолъизарурал
ЦохIо хъизан гурищ нилъгин чачанал?
Цоцаде хIал щведал хIалай ратулел
ХIакъал ихваналин нилъ - бусурбаби!
Исламалда жаниб данде кколареб
ДагIба-рагIиялъ нилъ церетIеларо,
Цоцазул боцIи-мал, бигун гIирз цIуни, -
ГIаммаб налъи буго нилъеда тIадаб.
ТIоцебе дунилан иблис кIалъана,
Дицаян абурав пиргIавнги вуго,
ГIакълу цебе гьабун, ццим нахъе гьабун,
Цадахъ рекъон хIалтIе, диналъул вацал!
Дунялги гIатIилъун, эркенлъи щведал,
Абищ нилъер шукру БетIергьанасе?
ТIаса лагълъиги ун хIурият щведал
ХIехьезе кIвечIони ахир щиб ккелеб?
Аб дунялалъ гуккун, ахират кIочон,
КIалалъ бицун харбил хайир ккеларо,
Хиянат рекIелъ ккун, ният пасалъун
Гьабураб гIамалалъ нилъ рорчIиларо.
ГIалимзаби ккола нуралъул чирхъал
Нахъияб халкъалъе мисаллъун ругел.
Варисзабиги гьел Аварагасул,
Умматалъул тадбир жидеда барал.
Жал гьечIони гIалам пасалъун унел,
Уманаал ккола гьел Исламалъул.
Гьезул хIукмуялда гIамал гьабичIев
ГIассиявлъун ккола Бичасда цеве.
Амма гIалимасул цIаралда нахъа
ЦIогьал рахчун ратун чара хун буго,
Рехъалъе кIанцIарал хъурмазул гIадаб
ГIадлу гьазул бихьун ракIбакъван буго.
КIалал гIарабиял, ракI гIажамиял
ГIалимзаби руго рихьизе цере,
ГIамал фуссакъазул, мацI гIубадазул
ГIадамал ратула фукъагьаазулъ.
Пахруялъ чIваразул чIухIарал курмул
ЧIунтизаре, Аллагь, тавазугIги кьун!
Тавбуго бихьичIел гьазул ракIазде
Гьидаяталъул нур биччан те, РахIман!
Нафсул аммаратаз кверде росарал,
КантIизаре, Аллагь, хIакъикъаталде!
ХIакъаб нухда чIезе гьунар гIоларел
ГIавнуялъул рахсаз рухье, БетIергьан!
Рогьел бан бихьидал бакъ баккиялде
Интизаргун ругел нижеда гурхIа!
НакIкIул бецIлъиги ун, зобал роцIцIиндал
МоцI бихьиялдаса махIрум гьаруге!
Гьабун бажарулеб тIагIатги гьечIин
ТIаса лъугьа, Гъафур, гъапулав дида!
Дур лагъ вукIиналда разияв пакъир
Ризванул акбар кьун вохизавун те!
Халкъалъул хирияв Дур ХIабибасул
Умматалда гъорлъ тей – гъуфранлъун гIела.
ГIаламалъул султIан Авараг вати
Ризванул акбарни - эбги гIун буго.

СагIид афандиясул «Назмаби» абураб тIехьалдаса

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...


Хириясул ﷺ насаб

Щивав чиясда тIадаб буго хирияв аварагасул ﷺ инсул ва эбелалъул наслуялъул рахъалъан гьабураб насабалъул сияхI лъазе.   Аварагасул ﷺ инсул рахъалдасан насаб ГIабдуллагь. Аварагасул ﷺ эмен вукIана къурайшиязул мисал босизе бегьулев инсан. Гьев вукIана ГIабдулмутIалибил анцIабилеб лъимер....


МухIаммад ва АхIмад цIаразул магIна

Аварагасул ﷻ цIараздасан ккола: МухIаммад абураб цIар. БетIергьанас гьесда гьеб цIар лъуна вижилалдего 2000 соналъ цебе. Гьавун хадуса гьесда МухIаммадан цIар лъуна гьесул кIудияв эмен ГIабдулмутIалибица. МухIаммад абураб цIаралъул магIнаги ккола «жив веццарав» абураб.   Дуца щай гьесда дур...


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...


Мажгиталъул азбаралда – ярмарка

МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул майданалда тӀобитӀана риидалил лъай кьеялъул курсазул гӀахьалчагӀаз ва гьезул эбел-инсуца гӀуцӀараб лъималазул ярмарка. Ярмарка гӀуцӀаразул цоялъ бицана: «Лъималазе унго-унголъунги бокьула гьадинаб ахӀвал-хӀал. Нижер расги ракIги бухIичIо гьаниб...