Аслияб гьумералде

РухIияб центр

РухIияб центр

АлхIамдулиЛлагьи, раббил гIаламин,

ГIаламалъул Халикъ - хирияв Аллагь.

Аварагасеги свалатгин салам,

Сайид МухIаммадий - мун нижер расул.

.....

Россиялда жаниб жиб цIакъ гьитIинаб

Гьаб Дагъистаналда, диналъул чагIаз

РухIияб центрилан, цадахъги рахъун

РачIаян гьеб базе, гьабуна ахIи.

.....

АхIуд рахъинеги хIадурал чагIи

ГIемерал ратани, рецц Аллагьасе.

Аллагьасе гIоло гIамал гьабулел

Гьарзаго рукIиналъ, рорхана къадал.

.....

КъваригIелал ккедал кумек гьабулел

Рачаги Аллагьас Алжаналъуре.

Алжан-жужахIалъул Жив Ханлъун вугев

Воре, къабул гьабе, гьезул садакъа.

.....

Сверизе, тиризе, туристал щведал

Щивасул рекIеда рахIатгун рохел.

Рорхатал къадазда, къулараб тIохда,

ТIогьол квацIи гIадин анлъго минара.

.....

Ма шаа Ллагь, гьалъул гьайбатлъиго щиб,

ГьакIкIан хутIана дун, гъутIби рихьидал.

Гъира цIикIкIана дир, цIидасан щвезе

ЦIияб аллеялде, цIияб централде.

.....

Дие бокьун буго баркала кьезе

Баракат гIемерав АхIмад-хIажие.

ХIалтIизе аразе, гIарац кьуразе,

ТIолго гIалимазе, муфтияталъе.

ХIАСАН ХIАСАНОВ, ЦIУМИЛУХЪ РОСУ.

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...


Муфтияталда данделъи тIобитIана

Дагъистан Республикаялъул муфтияталда тӀобитӀана идарабазда гьоркьосеб данделъи. Гьелда гIахьаллъи гьабуна муфтияталъул вакил ИсмагӀилов Мурадица, ГӀалимзабазул советалъул председателасул заместитель КъахIиса МухӀаммадица, Россиялъул МВДялъул Северияб Кавказалъул федералияб округалда бугеб бетӀераб...