Аслияб гьумералде

Как ахIи

Как ахIи

Как ахIи
Будунасул как ахIи
Зобалазде бахунеб,
Ракьалда ругелазги
Гьелъий жаваб гьабулеб.
Чанги ахIулеб какикь
Рогьалилъ чи ворчIула,
КIвахIги къинабун инсан
ХъваштIан тIаде вахъунев.
Берцин ахIулеб какалъ
Исламалде рачана,
ЖамагIат цолъизабун
Умумул берцинлъана.
Как ахIулеб лахIзаталъ
ДугIа къабулаб бугеб,
Къойил ахIулеб какил
Кири мухIканаб бугеб.
Как ахIулеб гIужалда
Малаикал рачIуна,
Гьелъухъ гIенеккарасе
ГIатIидаб кири щола.
Как ахIулеб гIужалда
ШайтIаби рачахъула,
Щулияб иман гьечIев
ЧIовогоги хутIула.
Как ахIулеб гIужалда
ГIаламатал лъугьуна,
МугIрул-щобазда жаниб
Какил гьаракь кунчIула.
Как ахIулеб гIужалда
РакI хIалакун кIетIола,
Какил заман щванилан,
КватIун данде кколарин.
Как ахIулев чиясги
ШафагIаталъ росула,
Къиямасеб къоялда
Гьесул пайда хIакълъула.
Будунасул ахIиги
Аллагьасул ахIийин,
АхIаралъуре ине
Аллагьас квербакъаги.

МУХIАММАДХIАБИБ КАЛАСОЕВИЧ

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Муфтияталда данделъи тIобитIана

Дагъистан Республикаялъул муфтияталда тӀобитӀана идарабазда гьоркьосеб данделъи. Гьелда гIахьаллъи гьабуна муфтияталъул вакил ИсмагӀилов Мурадица, ГӀалимзабазул советалъул председателасул заместитель КъахIиса МухӀаммадица, Россиялъул МВДялъул Северияб Кавказалъул федералияб округалда бугеб бетӀераб...


КигIан лъикI букIинаан…

Гьале тIаде щолеб буго хирияв МухӀамад ﷺ аварагасул моцӀ ва жиндилъ гьев гьавураб моцӀ. КигӀан лъикӀаб букӀинаан нилъее гьеб моцӀ цогидал моцӀаздаса цӀикӀкӀун хӀаракат бахъани гьесул гӀумруялъул, биографиялъул лъазабуни. Гьединлъидал жакъа байбихье гьал мухъаздасан.   Аварагасул ﷺ берцинаб...


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...


Какда хадуб зикру ва дугIа

ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъиялъе бищун кIудиял нухазул цояб ккола зикру - Аллагь рехсей. Гьелъ муъминчиясул ракI чIаго гьабула, такъва щула гьабула, БетIергьанасулгун бухьен цIунизе кумек гьабула. Аллагьасул Аварагас ﷺ бусурбабазда малъана зикруялъул батIи-батIиял формаби ва бихьизабуна Аллагь...


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...