Аслияб гьумералде

Дагъистан

Дагъистан

Дагъистан
Огь Дир гIагараб ракь, тIогьол Дагъистан.
Дулъ бугеб балъголъи кинан ричIулеб?
Дун йижараб тIалъи, мугIрузул ВатIан,
Дур кIодолъиялъул кучIдул кин хъвалел?
ХъатгIанаб ракьалде ракIалъул цIайи
Кинал цIадирабаз борцине кIолеб?
Миллатал гIемераб дир ВатIаналде,
Рокьул къуват гьурщун кин бажарулеб?
Къиматал умумул бицадулъги Тун ,
БатIияб нухги ккун цее кин иней?
Къадруял улбузде рагIадги рехун,
Нухлул рагIаллъуда халккун кин чIелей?
Саяхъаб мацIалъе ихтиярги кьун,
Диналда тIанкI лъолеб кинан бицинеб?
Эбелгун инсуда ругъуналги лъун,
Рекъолареб пиша кинан гьабилеб?
Дагъистан, дир улка, дун йижараб ракь.
Дур къимат рехарал ясал дагьлъаги.
Дагъистан дир, ВатIан, цIумазул тIалъи.
Дур чIухIи бекулел васал дагьлъаги.
Хвел гьарулей гуро дун гIолилазе,
ГIадлу бокьун буго дир ракьцоязе.
Рогьо балей гуро улкацоязда,
ЛъикI рукIине бокьун кIалъалей йиго.
Дунго лъикIайилан абулей гуро,
Дийги дарслъун ккелин анищ ккун буго.
Мекъ ккезе рес гьечIин бицуней гуро,
Ккараб тIаса рехи хIажалъун буго .

ПАТIИМАТ ГIАБДУЛАЕВА

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Къуръаналда рехсараб пихъ

Инжир ккола бищунго машгьурал пихъазул цояб, хирияб Къуръаналда рехсон Аллагьас тIадегIан гьабураб. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Тин (инжир) ва зайтун абулеб жиб кIиялъулъго баракат бугеб, жиндаса инсанасе квание ва дару-сабабалъе мунпагIат босулеб пихъалдалъун гьедулев вуго...


Хьул къотIуге

ГIемер чиясул гIумруялда жаниб бачIуна цо заман, жинцаго гьабураб гъалатIалъул яги мунагьалъул захIмалъи бичIчIулеб. ГIайиб ва тамихIалдаса хIинкъи къуватаб букIине бегьула, гьелъ хьул къотIиялде рачинеги бегьула. Амма нилъер диналъ тавбуялъул каваби кидаго рагьараллъун руго. Аллагьас ﷻ нилъер...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Макьилъ "супергерой"     Макьилъ гIемер бихьула, кинабаздаго гIадин, кутакав бахIарчилъун вахъун. Цо-цо мехалъ ворчIула ва дир черх хисулеб бугин ккола: кверазде къуват бачIуна, бидурихьал понцIон лъугьуна. Гьелъие щиб сабаб бугебали лъаларо. Щиб дица гьабизе кколеб?   ГIали,...


КигIан лъикI букIинаан…

Гьале тIаде щолеб буго хирияв МухӀамад ﷺ аварагасул моцӀ ва жиндилъ гьев гьавураб моцӀ. КигӀан лъикӀаб букӀинаан нилъее гьеб моцӀ цогидал моцӀаздаса цӀикӀкӀун хӀаракат бахъани гьесул гӀумруялъул, биографиялъул лъазабуни. Гьединлъидал жакъа байбихье гьал мухъаздасан.   Аварагасул ﷺ берцинаб...


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...