Аслияб гьумералде

Килалъ - «Кавказалъул чотIахъаби» фестиваль

Килалъ - «Кавказалъул чотIахъаби» фестиваль

16 маялда Гумбет районалъул Килалъ росулъ тIобитIана «Кавказалъул чотIахъаби» абураб цIаралда гъоркь, КIудияб ВатIанияб рагъда бергьенлъи босаралдаса 76 сон тIубаялъул ва ДАССР гIуцIаралдаса 100 сон тIубаялъул хIурматалда ва кIалбиччанкъоялъул байрам кIодо гьабун чуял тIамиялъул фестиваль.

Гьелдаго цадахъ рукIана спортивиял къецалги: рекериялъул, канат цIаялъул ва хIамул рекеризе риччаялъул рахъалъ. Гьеб байрам тIобитIизе тIаса бищун букIана килдерил ракьалда бугеб «РочIчIоб» мегIер.

Гьеб буго тIабигIаталъго гьединал байрамал тIоритIизе гьабураб бакI. Гьединго имам Шамил Гъуниве иналде цеве гьенив рещтIунги вукIана. ГьабсагIатги гьев жанив вукIараб рукъалъул хутIелал руго. Цебе заманалда, хIатта 1990-2000-абилел соназдаги гьеб мегIер бекьулаан ва лъикIаб бачIинги бакIарулаан.

Гьенибе машинадул нух гьечIолъиялъухъ балагьун, гIурдаде руссине тана гьенир ругел хурзал. Хьул буго гьеб ракь цIидасанги гIадамаз хIалтIизабизе байбихьилин абураб.

ГIАБДУЛЛАГЬ МУХIАММАДОВ

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


РабигIул аввалалда дандчIвай

ХIурматиял бусурбаби, гьале исанаги тIаде щолеб буго жинда жанив хирияв авараг ﷺ гьавураб РабигIул аввал моцI. Гьеб моцIалъ нилъеца кIодо гьавула авараг ﷺ ва гьесул хьвада-чIвади, сират ракIалде щвезабула. Авалалдаса байбихьун гьанжелъизегIанги, бетIералда чIахIиял гIалимзабигун, гIадатиял...


МухIаммад ва АхIмад цIаразул магIна

Аварагасул ﷻ цIараздасан ккола: МухIаммад абураб цIар. БетIергьанас гьесда гьеб цIар лъуна вижилалдего 2000 соналъ цебе. Гьавун хадуса гьесда МухIаммадан цIар лъуна гьесул кIудияв эмен ГIабдулмутIалибица. МухIаммад абураб цIаралъул магIнаги ккола «жив веццарав» абураб.   Дуца щай гьесда дур...


Аллагьасул ﷻ баракатаб сайигъат

ТӀадегӀанав Аллагьас инсанияталъе гӀемерал пайдаял пихъал рижун руго, гьезда гьоркьоб хасаб бакӀ ккола цӀибилалъ. Гьеб пихъ некӀсияб заманалдаса нахъе гӀадамазда лъалеб букӀана ва чанго нухалъ рехсон букӀана Хирияб Къуръаналда Аллагьас жиндирго лагъзадерие кьурал кӀудиял нигӀматазул...


Къуръаналда рехсараб пихъ

Инжир ккола бищунго машгьурал пихъазул цояб, хирияб Къуръаналда рехсон Аллагьас тIадегIан гьабураб. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Тин (инжир) ва зайтун абулеб жиб кIиялъулъго баракат бугеб, жиндаса инсанасе квание ва дару-сабабалъе мунпагIат босулеб пихъалдалъун гьедулев вуго...


Мажгиталъул азбаралда – ярмарка

МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул майданалда тӀобитӀана риидалил лъай кьеялъул курсазул гӀахьалчагӀаз ва гьезул эбел-инсуца гӀуцӀараб лъималазул ярмарка. Ярмарка гӀуцӀаразул цоялъ бицана: «Лъималазе унго-унголъунги бокьула гьадинаб ахӀвал-хӀал. Нижер расги ракIги бухIичIо гьаниб...