Аслияб гьумералде

Баркала тохтурзабазе

Баркала тохтурзабазе

ХӀурматияб «Ас-салам» газеталъул хIалтIухъаби!

РакӀ-ракӀалъулаб баркала кьезе бокьун буго № 8 поликлиникаялъул участкаялъул тохтур АсхIабалиева ПатӀиматие ва медсестра ХIажиева Муслиматие.

 

Дир буго 80 сон. Дун гӀемераб мехалъ унтун йикIана хроническияб бронхиталъ, хъухIудиялъ букӀине кколеб къагӀидаялъ кьижизе кӀолеб букӀинчӀо. Гьеб унтиялъ дун къварид гьаюна кӀиго соналъ. Дир тохтур декреталдаса тӀадюссун йикӀин лъараб мехалда, дица гьебсагӀатго бухьен гьабуна гьелъулгун. Гьей лъикӀ гӀенеккана, дие лъикӀаб дару гьабуна, сах гьайизелъун больницаялда егизаюна.

ТӀоцебесеб къоялдасаго гьез дие кьуна хӀажатаб анализ, бихьизабуна дару, уколалгун капельницаби. Амма бищунго дие асар гьабураб жо букӀана гьезул инсанасдехун бугеб бербалагьи. Гьезул хIеренаб гьаракь, хинал рагӀаби, унтарасул адаб-хӀурмат, кӀвар - гьеб кинабго дие дарулъун лъугьана.

ТӀадегӀанав Аллагьасул баркаталдалъун ва гьезул кумекалдалъун дир хӀал лъикӀлъана, хъухIуди тIагIана, цӀидасан парахатго кьижизе рес щвана.

Аллагьас кири кIодо гьабеги гьел гӀадамазе гьабураб хӀалтӀухъ, гьабураб кумекалъухъ, ракӀал лъикӀал рукӀиналъухъ. ТӀадегӀанав Аллагьас кьеги гьезие щулияб сахлъи, рохел, лъималаздаса рохаги. Дир унго-унгояб хьул буго ва дица гьарула нуж гӀадал тохтурзабиги медсестрабиги цӀикӀкӀагиян.

КӀудияб баркала нужее, МухIаммадсагIидил яс ПатӀимат ва МухIаммадгIарипил яс Муслимат. Нуж руго унго-унгоял тохтурзаби ва мустахӀикъал гӀадамал.

 

Ленинкенталда гӀумру гьабулей МухIаммадова Алипат

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...


Нухазда рацIцIалъи чIезабулев

ХIурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Шамил районалъул ТIаса Колоб росдал гIадамазе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе Микьигьориса ХIасанил МухIаммадие.   МухIаммадица тIаде босун буго нижер росабалъе рачIунел нухазул тIалаб-агъаз...


КигIан лъикI букIинаан…

Гьале тIаде щолеб буго хирияв МухӀамад ﷺ аварагасул моцӀ ва жиндилъ гьев гьавураб моцӀ. КигӀан лъикӀаб букӀинаан нилъее гьеб моцӀ цогидал моцӀаздаса цӀикӀкӀун хӀаракат бахъани гьесул гӀумруялъул, биографиялъул лъазабуни. Гьединлъидал жакъа байбихье гьал мухъаздасан.   Аварагасул ﷺ берцинаб...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Макьилъ "супергерой"     Макьилъ гIемер бихьула, кинабаздаго гIадин, кутакав бахIарчилъун вахъун. Цо-цо мехалъ ворчIула ва дир черх хисулеб бугин ккола: кверазде къуват бачIуна, бидурихьал понцIон лъугьуна. Гьелъие щиб сабаб бугебали лъаларо. Щиб дица гьабизе кколеб?   ГIали,...