Аслияб гьумералде

Аллагь ﷻ разилъеги, ургъел тIаса босаралъухъ

Аллагь ﷻ разилъеги, ургъел тIаса босаралъухъ

Ассаламу гIалайкум, хIурматиял «Ас-салам» казияталъул редакциялъул хIалтIухъаби! Дие бокьун буго нужее ракI-ракIалъулаб баркала загьир гьабизе исана 15-абилеб номералда къватIибе бачIараб «Хваразе пайда цIикIкIараб» абураб макъалаялъухъ. Гьеб бихьизегIан кутакалда кIудияб ургъел букIунаан нилъедаса ратIалъаразе, хасго гIемер гIибадат-лъикIлъи гьабизе регIичIого, гIолохъанго хваразе кинаб пайда гьабилебали лъаларого.

Нилъер муршидзабаз гьабулеб, гьез малъараб къагIида нужеца бахъиялъ нижер гьеб ургъел тIаса босана. ХIатта гIадатлъун гьабун буго нижер жамагIаталъул кинав чи хваниги тагIзияталда, имамасул цевехъанлъиялда гъоркь, гьеб казияталда батараб къагIидаялда суратал жамагIаталъго цIалулеб.

Цогидазеги ракIалде щвезе букIине гьениб букIараб хъвалин: тIоцебе 100 истигъфар гьабила, хадуб 100 суратул ФатихIа, ай АлхIам цIалила. Цинги 100 суратул Ихлас, ай Къул гьува ллагьу цIалила ва 100 салатул ФатихIат цIалила. Хадубги 100 нухалда истигъфар гьабила. Гьелъул кири хварав чиясеги кьела.

Гьел суратал цIалулаго гIемераб заманги бахъуларо.

Аллагь разилъаги киназдасаго. Нилъер киналго хваразул мунагьалги чураги, чIаго ругезул рухI иманалда бахъаги, гьелде рачунеб гIамалалда даимги гьареги!

ХIурматгун, «Ас-салам» казияталъул кидагосев цIалдохъан ХIасанов ГIабдулхаликъ, МахIачхъала шагьар

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Мажгиталъул азбаралда – ярмарка

МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул майданалда тӀобитӀана риидалил лъай кьеялъул курсазул гӀахьалчагӀаз ва гьезул эбел-инсуца гӀуцӀараб лъималазул ярмарка. Ярмарка гӀуцӀаразул цоялъ бицана: «Лъималазе унго-унголъунги бокьула гьадинаб ахӀвал-хӀал. Нижер расги ракIги бухIичIо гьаниб...


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...


Риидалил курсал ва торгIо хIай

1 августалда Шамил районалъул ХӀотода росулъ тӀобитӀана риидалил курсазде хьвадулел лъималазда гьоркьоб мини-футболалъул рахъалъ турнир. Къецазда гӀахьаллъана 13 соналде щвезегӀан ригьалъул лъималазул командаби. Турниралъул хӀаси-лалда тIоцебесеб бакI ккуна ТӀидиб росдал командаялъ, кIиабилеб бакӀ...


Нухазда рацIцIалъи чIезабулев

ХIурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Шамил районалъул ТIаса Колоб росдал гIадамазе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе Микьигьориса ХIасанил МухIаммадие.   МухIаммадица тIаде босун буго нижер росабалъе рачIунел нухазул тIалаб-агъаз...


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...